«Цоцалъ би жубачIеб миллат гьечIо Дагъистаналда»

Дагъистаналъул аэропорталда гIолохъабаз жидерго хIалуцин загьир гьабураб сордо-къоялъ макьил рахIат, кванил тIагIам букIинчIо гIемерисел улбузе. Гьединаб мехалда лъикIалъеги квешалъеги батулеб вацапгиха, гьечIого гIоларел жамгIиял гьиналги.

 Гьидерил киналго росабалъа гIемерал руччаби жанире рачараб вацапалъул къокъаялъул сас къотIичIо рогьалил как ахIизегIан.

 

Хадижат: — БитIахъе цIадул гурде букIана къаси черхалда, васал рокъоре руссинегIан. Гьаз-доз цIан аэропорталде анадайин хIинкъун йикIана.

Чакар: — Ясал, нужее талихI батаги, бице дида лъица гьусун, киб бичIчIи щун рагъарарал чагIи гьагъал гIолилал? БатIияб къагIидагойищ букIинчIеб Палестинаялъухъ ракI унтун букIин загьир гьабизе?

ПатIимат: — Гьел ккана гьанже сабаблъун Дагъистаналда миллатчилъи бугин ахIи бахъинабиялъе.

ГIайшат: — Йо, унго, пайда щиб ха махIаби рекичIого гьагъай, гIолохъабазул гурулъанги яккун чIи-чIидулей йикIарай чIу жугIаданалъул. Гьелъул тухумалъул би хьинал лъугIун ратила. Жакъа ра кIалде щвана нилъер Суракъат. Гьаглъарал гIолилазда цеве вахъун бажарулев, халкъалъ хIурмат гьабулев цониги гIакъил, цевехъанищ вукIинчIев Дагъистаналда?

Мариям: — Щивасул гIакълуялъ, сабруялъ борцуна лъугьа-бахъунеб. Ки набго бараб буго битIун бицине, бичIчIизабизе бажариялда. Рокъосанго бачIунеб лъавукълъиялъ лъукъу леб буго гIолилазул гIумру. Жидер умумузул лъикIабщинаб лъи малазе кьезе, гIураб ракьалде рокьи бижизабизе хIаракат бахъарал эбел-инсул лъимал росу-ракьалъего пайдаяллъун лъугьуна. Гогьдаризарун гIезарураз гIагарлъиялдего балагьги рещтIинабула. Гьоболасул хIама хIортIе бачанищин абухъего, гIемерисел мугIалимзабазеги ургъел гьечIо щал вахьнаби жидер цIалдохъабазул, студентазул рахъаниги.

Булбул: — Рогьалилъ мажгитазде какдеги унел, гIолилазул гIуцIиязулъ гIахьаллъун футболги хIалел гIо лохъаби, пулавги белъун цадахъ чаялги гьекъон, зама-заманалдасан чуялги тIамун, киназего рагьараб гьайбатаб гIумруялда руго. Гьезул лъудби демонстрациязде рахъун къватIазда чIичIидуларо, чIахIиязул адабги гьез рехуларо.

ПатIимат: — Бихьулищха жидерго тIадагьаб божилъиялъ къосарал, лъикIаб-квешаб батIабахъизе ро къоб малъичIел гIолилазда лъо лел цIарал: цо-цо бусурбабаз ба хIар залин, дин батIияз согIал миллатчагIийин, нилъерго тIадчагIаз гIакълу гьечIел жанаваралин. Нилъедаго буго гIайиб.

Хадижат: — Дол, аэропорталде гьужум гьабуралго гIадал «бахIарзаз» нилъер гьанир ругел жугьутIазеги хIинкъи кьолеб гIадаб хабар рагIана.

Асият: — Гьанир ратиларо ягьудиял? Хадижат: — Щай рукIунарел, гьезул гIемерисел Дербент районалда руго, таталин абула гьезда.

Чакар: — Йо, гьел нилъерго чагIи ругоха. Абадиялъ гьанир рукIарал гьезда бугеб гIайиб щиб? ЖугьутIал, шигIитал, насраниял рукIа — нилъер диналъе, яшавалъе щиб зарал гьезул бугеб? Шагьаразда букIинарищ, росабалъгицин кигIан хIурмат гьабулеб букIараб нилъеца миллат батIиял чагIазул! Цониги росу букIанищ нилъер гьаниб гIурус мугIалимзаби яги тохтурзаби камураб? КигIан берцинаб гьоркьоблъи букIараб. Цоцалъ би жубачIеб цониги миллат гьечIо Дагъистаналда. Кинаб миллатчилъиялъул бицунел гьал?

 

«Г1олилал, къимат гьабе Дагъистаналъул»

МагIлъун къала рекIелъ дагъис таниял хъачIал, гьагал миллатчагIилъун рихьизарурал ахIиял, хъвай-хъвагIаял жамгIиял гьиназда ратидал

РакIалде щола дирго лъимерлъи, тIоцебе цIалараб гIурус тIехь (Елена Ильиналъ хъвараб «Четвертая высота»), цIалдезе дилъ рокьи бижизабурай Краснодаралдаса нижер нус Зинаида. Руччабазул тохтурлъун хIалтIулаго гьелъул гIумру ана магIарухъ, кьолбодаса тIечIо нижее гьелъ кьураб наслуги. МагIишатяшавги букIана кигIан цеетIурай магIарулалдаса нахъе ккечIеб. Гьединал мисалал нус-нус гьечIищха Дагъистаналда. Байбихьул классал лъугIидал, Зинаца кверги ккун щвезаюна ГIурада росдал гьоркьохъеб школалъул гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалим Зоя Николаевнаялъухъе. Жакъа гIадин ракIалда буго: «Зинь, ты за девчонку не переживай», — инги абун, дун аскIое цIараб сентябралъул къо. Гвангъараб гьимиялъул, узданаб ретIа-къаялъул берцинай чIужугIадан, даимго хутIана рекIелъ гьелъул дарсал.

Дарсидаса хадуб заманалъ нижеца Зоя Николаевнаялда гьарулаан гьелъул берцинаб бахча бихьизе рачеян. Розабиги гIицIго гьелъул ахикь гурони рижуларин кколаан гIисинал нижеда. Эркенаб заманаялъ ясазе гурдал лъутIизе, рукъизе малъулаан гIурус мугIалималъ.

Мариям: — Ниж эбелалъ ритIулаан Клавахъе нису-рахь босун. Къецбан рукIунаан гьелъухъе ине гъираялда. Пихъил цIун кьолаан тIадбуссун цIарагI. ЙикIарай недегьай гIадан.

Гузуне: — Нижехъ йикIарай мугIалималъул хIеренлъи гIумруялъ кIоченаро. Хадуб Мариямин абун цIар хи сана, устарасухъе ун вирдги босана. Росдал хабалалъ юкъунги йиго.

Маржанат: — Нижер мадугьалихъ йикIана Клава. Гьелъухъ данделъулаан, хадур нижехъе рачIунаан нилъер районалда гIумру гьабун ругелщинал гIурус ясал. АнцI-анцI соназ гьез лъай кьурал нилъ капурлъунищ ругел? Гьелъул гIаксалда, нилъер гIадат-гIамалги динги босана гIурус ясаз. Гьезул гIемерисезул наслу нилъеда гьоркьоб буго.

Щиялъ цоцазе гьурщана лъимерлъудаса нахъего нижерго росабалъ ратарал гIурус руччабазул хинал ракIалдещвеял.

ГIурус мугIалимзабазул бицунаго, ракIалде щвана университеталда гIурус литератураялъул дарсал кьурай профессор Плахарская Маргарита Артемовна, гьелъул малъа-хъваял.

«Дун гIемер сверана нилъер улкаялда, машгьурал классикал гьарурал, гьез гIумру гьабурал бакIазде щвана, щибаб бакI дица данде кколаан Дагъистаналда. Гьадинаб, гIадамалги, гIадаталги, тIабигIатги берцинаб бакI дида батичIо. ГIолилал, дица ракIракIалъ абулеб буго, къимат гьабе Дагъистаналъул. ЦIуне умумуз дарслъун тараб намусги яхIги. Гьаб дунялалъул рекъелги парахалъиги гIуцIун буго лъикIабщиналъул кьучIалда, гьеб биххизе тани биххула дунял». Жегиги камилго кинха абилеб.

ПатIимат ГЬИТIИНОВА