13 февралалда Буйнакскиялъул №2 гьоркьохъеб школалда тIобитIана школалъул къадада Наби МухIамадовасул мемориалияб хъарщиялъул хIурматалда данделъи. Наби МухIамадовас лъугIизабуна рехсараб школа. ГIумруялъул ахирал соназда гьев хIалтIулев вукIана Америкаялъул Рочестерил университеталда. Гьев рикIкIунаан лъикIав гIалимчилъун. Гарвардалъул дипломалъул бетIергьанчIужу йикIана гьесул лъади Наталья Щербининаги. ГIалимзабазул хъизамалда гIолев вукIана вас ГIамирги. Гьезул гIумру батана цIакъго къокъаблъун. Нагагьаб балагьалдалъун гIумруялдаса...

