Нобелил премиялъул лауреатлъун вахъинаан

13 февралалда Буйнакския­лъул №2 гьоркьохъеб школалда тIо­битIана школалъул къадада Наби МухIамадовасул мемориалияб хъар­щиялъул хIурматалда данде­лъи.
Наби МухIамадовас лъугIизабу­на рехсараб школа. ГIумруялъул ахирал соназда гьев хIалтIулев вукIа­на Америкаялъул Рочестерил университеталда. Гьев рикIкIунаан лъикIав гIалимчилъун. Гарварда­лъул дипломалъул бетIергьанчIужу йикIана гьесул лъади Наталья Щер­бининаги. ГIалимзабазул хъи­за­малда гIолев вукIана вас ГIа­мирги. Гьезул гIумру батана цIакъ­го къокъаблъун. Нагагьаб ба­ла­гьал­далъун гIумруялдаса ба­тIа­лъараб хъизамалъул жаназаби Америкаялъ ритIана ватIаналде.
Мемориалияб хъарщи рагьия­лъул тадбиралда гIахьаллъана Буй­накскиялъул мэр Исламудин Нургьудаевги, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул нух­малъулей Шагьсалам Батиро­ваги, Наби МухIамадовасул гIа­гарлъигун гьудулзабиги. 
Гьениб Наби МухIамадовасул хIакъалъулъ бицана школалъу­л директор Миясат Сулеймановалъ­ги, учительница Муслимат ХIаса­но­валъги ва цогидазги. Гьез бицана Нобелил премиялъул анлъго лауреат хIадуризе бажари букIанин Наби МухIамадовасулин абун. «Аме­рикаялъул Рочестерил универ­ситеталъул гIалимзабаз абулеб буго, гIумруялдаса хехго ва­тIа­лъичIевани, Наби живгоги мус­та­хIикълъилаанин рехсараб пре­миялъе», — ян бицана кIалъазе ра­хъараз.
Тадбиралъулги гIалимчиясул гIум­руялъулги хIакъалъулъ гIа­тIид­го цIале «ХIакъикъаталъул» ирга­­дулаб номералда.