Рукъ щвезе кумек гьабуна

ТIоцебесеб группаялъул инвалид Ф. ГIабдурахIмановалъ жиндир ихтиярал цIунулел гьечIин бачIараб гIарзаялъул халгьабуна МахIачхъала шагьаралъул прокуратураялъ.
МахIачхъала шагьаралъул администрациялъ тIоцебесеб группаялъул инвалид Ф.  ГIабдурахIмановалъе кьезе кколеб букIараб кIиго рукъалъул квартираялъул бакIалда кьун батана цо рукъалъул квартира.
Халгьабиялъул хIасилалда, тIоцебесеб группаялъул инвалидалъул мурадалги цIунун, шагьаралъул прокуратураялъ лъазабуна МахIачхъала шагьаралъул администрациялда тIадаблъун гьабулеб бугин, рукIа-рахъиналъул авариялъулаб фондалдаса 2013-2017 соназда гражданал цIияб бакIалда гочинариялъул программаялде босараб къагIидаялда, Ф. ГIабдурахIмановалъе кIиго рукъалъул квартира кьейилан. 
2020 соналъул 28 январалда, судалъ гьеб гIарза къабул гьабун буго. Судалъул хIукму, шагьаралъул прокуратураялъ, жиндирго хъаравуллъиялдеги босун буго.