Хасавюрталъул мажгит бухIана

 
12 февралалъул радал бухIана Хасавюрталъул Бамотовское шагьранухда аскIоб бугеб мажгит. 
Гьелдаго цадахъ бухIун буго аскIобго букIана гIадамал квана-гьекъезе унеб букIараб бакIги. Гьелдалъун гIадамасе къварилъи ккечIин лъазабулеб буго республикаялъул МЧСалъул хъулухъалъ. ЦIа щиб гIиллаялдалъун ккарабалиги лъалеб гьечIо.