Мусаясул суратал кьуна музеялде

12 февралалда республикаялъул Тахо-Годил цIаралда бугеб музеялде рачIун рукIана Халилбег Мусаясул цIаралда бугеб «РухIияб нахъраталил» фондалъул вакилзаби. Заманалъулаб къотIи-къаялда рекъон, машгьурав художникасул суратал музеялде цIунизе кьун руго фондалъул хIаракатчагIаз. 
Гьениб буго Германиялда вукIаго Халилбег Мусаяс бахъараб нусгониги сурат.
«Нижее бокьун букIана гьел суратал тIуранго музеялъул къайимлъиялде кьеян гьезда гьаризе. Амма заманаялъ, ай кIиго соналъул болжалалда гурони, нижер музеялде гьел кьезе разилъичIо фондалъул вакилзаби. РакIалда буго кIиго сон ун хадуб бажаризе батилин тIуранго гьел суратал музеялъе хутIулеб куцалда фондалъул вакилзабазулгун къотIи-къай гьабизеги», — ян бицана Тахо-Годил цIаралда бугеб музеялъул нухмалъулесул заместитель Заира Киндиевалъ.
Гьел суратазул выставка гIуцIун букIана МахIачхъалаялда, 1998 соналда. Гьелдаса нахъе гьел цIунун рукIана Халилбег Мусаясул наслуялъул чагIазухъ.
Машгьурав художникасул хIалтIа­би ватIаналде тIадруссинаризе байбихьун букIана 1970-абилел соназда, СШАялда хIалтIулев вукIарав нилъер ракьцояв, дипломат-резведчик ГIабдулхаликъ ХIажиевасул хIаракаталдалъун. Доб мехалда гьев дандчIван вукIана Нью-Джерси штаталда гIумру гьабун йикIарай Халилбег Мусаясул хъизангун. ГI. ХIажиевасда гьелъ гьарун букIун буго, росасул ахирияб васият хIисабалда, гьесул хIалтIаби ватIаналде нахъруссинаризе кумек гьабеян. Амма, батIи-батIиял гIиллабазда бан, гьесухъа бажарун букIинчIо художникасул хъизаналъул мурад тIубан. 
1998 соналда, гьесул наслуялъул чагIиги Америкаялде ун, гьезда кIвана Х. Мусаясул суратал гIагараб ракьалде росизе.