ГIанси тIуна

ГIансиги тIун бачIун, ЛъаратIа районалда ва БежтIа участокалда гьоркьоб нух бацун буго.Гьелдалъун гIадамазе къварилъи ккун гьечIо.
Чанго къоялъ цебе МЧСалъ лъазабун букIана ралъдал гьумералдаса 1,5 азарго метралъ рорхатго ругел районазда гIансиял тIеялда хIинкъи бугилан. Гьединлъидал дагьаб мехалъ гьенире сапарал гьаричIого тейилан.