Новость на родном

25 000 чиясе бакI щвана

  Исана Россиялдаса хIежалде уне­зул къадар 4500 чиясдалъун цIикIкIинабун буго. Гьединаб баян кьуна Уфаялда букIараб данделъиялда хIеж-миссиялъул нухмалъулев, РФялъул федерациялъул советалъул сенатор Иляс ГIумахановас. Гьанже нилъер улкаялдаса хIе­жалде ине рес щвезе буго 25 азарго чиясе. ГьанжелъизегIан 20 000 чиясе бакI кьолаан СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъиялъ. Щуазарго чиясдалъун гьеб къадар цIикIкIинабизе кIванин сагIу­дия­зулгун лъикIал гьоркьорлъаби ру­кIи­налъилан абуна...

Новость на родном

ХIукуматалда хиса-басиял

   ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев Артём Здуновас хиса-басиял гьаруна цо-цо идарабазда.  ЦIиял хъулухъазде тIамуна: Светлана ГIабдулкъадирова — экономикаялъул ва территориалияб цебетIеялъул рахъалъ министрасул тIоцеесей заместительлъун;  Издаг ГIалиханова, хIукума­талъул нухмалъулесул гIакълу­чIу­жулъун;  ГIабдула МухIамадов, статс-сек­ретарь – туризмалъул ва халкъиял махщелазул рахъалъ министрасул заместительлъун; Муслим КъурамухIамадов ва Сергей Караченцев – юстициялъул ми­нистрасул заместителаллъун.

Новость на родном

Гранталда тIасан 11 азарго пикру

   13 февралалда «Дагестан» РИАялда журналисталгун дандчIвана республикаялъул экономикаялъул ва территориалияб цебетIеялъул рахъалъ министр ХIажи Султанов.  Агентствоялъул директор Му­хIа­мад МухIамадовас баян гьабуна гьеб бугин «Открытая власть» абураб проекталъул мурадалда тIобитIулеб пресс-конференция. Султановго гIадин, зама-заманалда цогидал министралги ахIизе ругин гьенире бокьараб суалалъе жавабал кьезе.    Байбихьуда ХIажи Султановас къокъго бицана гъоркьиса республикаялъул экономикияб бутIаялда ккарал хиса-басиязул,...

Новость на родном

Владимир Васильевас согIго лъазабуна

12 февралалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас данде гьарун рукIана республикаялъул бакIалъул нухмалъулел. Гьезда тIадаб бищунго аслияб суал халкъалъул гIумру лъикIлъизаби кколин абулаго, Васильевас гIезегIан интересал лъазабиялги гьаруна. Масала, гIадатиял гIадамазе асар гьабун бугоан хъулухъаздаса махIрум гьаризе цо-цо нухмалъулезе цIарал къоял хутIун ругилан Владимир Васильевас гьабураб лъазаби. Гьедин щибаб районалдаса гIадамаз жиде-жидер муниципалиял гIуцIабазул бутIрузда хурхун...

Новость на родном

Цоял гIарац гIарацин, цоял ракьго ракьилан

ГIияхъаби рази гьарулареб  пачалихъалъул грантги, багьа цIакъго гIодобе ккараб гIиял квасги, гIиязе гIолареб «Чед»  КФХялъул мучIдулги. Республикаялда бугеб гIиял къадар цIикIкIинабизелъун 5,8 млрд. гъурущ биччазе буго хIукуматалъ. ГIи-цIцIаназул бетIер 4,5 миллионалдаса 6 миллионалде бахинабизе ракIалда буго.   Гьединго гьеб гIарцул кумекалдалъун гIиязе цIиял бокьалгун ручнал разеги хIисабалде босун буго. ГIияхъабазе цогидалги санагIалъаби чIезаризе бугин хъвалеб буго...

Новость на родном

ГурхIел цIикIкIарай Загьра

Дие бокьун буго цо гIажаибго берцинаб гIамалалъул гIаданалъул хIаazкъалъулъ бицине.  Хъарпузал ричизе МахIач­хъа­лаялда бугеб «ГIакаро» кафеялда нахъа ругел минабазул азбаралъуе щун йикIана дун. Щибаб къойил дица хал кколаан цо гIаданалда хадуб. Радалги, къалъудаги, маркIачIудаги, гъежда гьитIинал ведрабиги ран, дида аскIоб чIезабун бугеб машинаялда гъоркь лъурал гьитIинал-кIудиял хIарччазда жанибе квенги бан, кутул кваназе ахIулаан гьелъ.    Лъабкъоялда...

Новость на родном

Дицаги лъилниги гIумру хвасар гьабилаан…

Дагьал церегIан къоязда социалиял гьиназда тIибитIун букIана инсан хварабго гьесул лугбал цогидав унтарав чиясе (реципиентасе) лъезе изну кьолин абун анкетаялда гъулбасине тIамулел ругин поликлиникаялдаян бицунеб видео-хитIаб. Хадубго ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовасги лъазабуна республикаялъул поликлиникабазда гьединал анкетабиги гьечIин, гьел харбалги гьересиял ругин.   Гьединалго лъазабиял гьаруна Чачан ва Ингушетия республикабаздаги. Гьелъул хIакъалъулъ бицун букIана...

Новость на родном

ЦIиял тIалабалги «херлъараб» магIишатги

Минаби, хасго гIемертIалаял, рай расги бигьаяб хIалтIи гуро. Техникиялгун санитариял тIалабалги цIунун гьабизе кколеб хIалтIи гьеб бугелъул, гьениб гъалатI ккезе бегьуларин рикIкIуна махщелчагIаз. ДРялъул Ралел бакIазул ва ЖКХялъул министерствоялъул «Госстройнадзор» управлениялъул бетIерав специалист ГIабдулварис Ибрагьимовасдаги гьеб иш цIакъ лъикI лъала. Гьал къоязда гьесулгун тIобитIана нижеца гара-чIвариги.    — ГIабдулварис, кина-кинал хIал­тIа­би тIуразарулел нужер уп­рав­лениялъ? —...

Новость на родном

«Нилъер мурад — росаби цIилъи»

Араб соналъул хIасилазулги цIияб соналде хIи­сабалде босаралъулги хIакъа­лъулъ бицунеб буго районалъул бе­тIер МухIамад ХIасановасулгун нижеца гьабураб жакъасеб гара-чIвариялда. — МухIамад, тIоцебесеб иргаялда, баркула 2018 соналъул хIасилазда, мугIрузул районазда гьоркьоб нилъее щвараб бергьенлъи, республикаялъул нухмалъиялъ районалъул хIалтIуе кьураб тIадегIанаб къимат. Бокьилаан байбихьудасаго гье­лъул рахъалъ цо чанго рагIи абуни. — Баркала. Гьеб буго киназего гIаммаб бергьенлъи. Гьанибго...

Новость на родном

Реццани — рохун, какани — барщун

Гьанже магIарухъе инсул рокъове щвараб мехалъги, гьадингоги гIемер ракIалде щола дида инсул гьеб мина балеб мехалда гьенив хIалтIулев вукIарав кIиго устар. Цояв — ХIамзатил ГIали, ГIурухъ-СотIа росулъа цIар рагIарав къадал устар, сверухъ росабалъги районаздаги лъалев. Цогидав — гъалай биччан гIертIал, цIа-рагI къачIалев нижер Гьочоб росулъ вукIарав ТIелекьа МухIамад. Сверухъ росабалъгицин тIокIалъ къачIазе цIа-рагI хутIун букIинчIеб...