«Бергьенлъиялъул» гIарац щвезегIан хутIичIел ветеранал

КIудияб Бергьенлъи босаралдаса 75 сон т1убаялъул хIурматалда улкаялда ругелщинал ветераназе 75 аза-азар гъурущ кьезе буго исана. Гьединаб указалда гъоркь гъулбасана гьал къоязда  президент Владимир Путиница.
Амма квеш ккараб жо буго гьеб гIарац кодобе кьезе жалго ветераназул гIемерисел жакъа чIаго гьечIолъи. Россиялъул цо-цо шагьаразда хутIун руго гьел. Гьединго килщазда рикIкIине чагIи хутIун руго нилъер республикаялъул шагьараздаги. Амма чанги мугIрузул районал руго гьел нахъе гьечIелги. 
Гьелда бан «ХIакъикъаталъе» гьадинаб пикру загьир гьабуна Шамил районалъул Ветераназул советалъул нухмалъулев МухIамадрасул АсхIабовас: 
«ГIемерисел ветераналги хвараб мехалъ кьолеб гIарац кинаб жо букIунеб? Мисалалъе, жакъа Шамил районалда цониги рагъул ветеран хутIун гьечIо. Гьезул ахирисев хвана кIиго соналъ цеве. 
Бергьенлъи босаралдаса 60, 65, 70 сон бараб мехалъ, гьезул цо яги кIигониги чи нахъе вугеб мехалъ щай кьечIеб гьеб гIарац?
Ветераназдаго цадахъ 50 000 гъурущ кьолеб бугин тылалда захIмат баччарал чагIазегиян хабар буго. Гьединазул кIи­нус­го­ниги чи вуго нижер районалда жакъа. Бокьилаан гьезиениги гьеб гIарац щвани. 
Амма Венгриялда ккарал рагъулал тунка-гIусиязда гIахьалъаралги Афгъанистаналда рагъулел рукIарал ветераналги, тылалда захIмат баччарал чагIазда ращад гьарун, гьезиеги биччани бегьилан гьеб гIарац», — илан бицана МухIамадрасул АсхIабовас. 
Шамил районалдаго гIадин, цониги ветеранал гьечIел районал гIемер руго жакъа магIарухъ. Гьезул наслабахъе щайин гьеб гIарац кьоларебилан абулелги чагIи руго. РукIиналъул пайда щиб?..