Таргъуялда сверухъ ахIи-хIур

Араб анкьалда бищун ахIи-хIур бахъинабурал хIужабазул цояб ккола лъарагI миллаталъул цо-цо чагIаз  Дагъистаналъул миллатазде гьабураб видеохитIаб.
Сверун гIолохъабиги ракIарун, бакьулъ чIарав чияс абулеб буго:
«Дагъистаналъул цониги миллаталъе изну кьолеб гьечIо Таргъу ма­гIарда жидерго данделъаби, спортивиял ва цогидалги тадбирал тIо­ритIизе…
Плов гьабизеги гьеб кваназеги бокьун батани, жидерго районалда гьа­беян абе. Таргъу мегIерги гьелда сверухъ бакIги нижер ракьал руго».
 Гьеб батана Шамил районалъул гIолилазул гIуцIиялъ 2 февралалда гьениб гьабураб тадбиралда тIасан гьабураб кIалъай. 
Доб видеоялда кIалъалев чиги МахIмуд ГIибадулаев абулев чи ватана. Гъоркьиса гьес кандидатура лъун букIана МахIачхъалаялъул мэрлъиялде. Гьанже шагьаралъул депутатлъиялде кандидатура лъезе бугин бицана гьес нижергун букIараб гара-чIвариялда. 
ГIемермиллатазул Дагъистаналда гьединал хIужабаз бигьаго питна-хIуралде рачине бегьула. Гьелъие гIилла лъани, гьелдаса цIунизе ресги буго. 
ГIенеккилинха гьезухъ.    
МухIамад Мирзоев, Шамил районалъул гIолилазул жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев:
— Хас гьабун Таргъу магIарда гъоркье ракIаризе щай нужеда ракIалде ккараб?
— Гьелъие цо кIудияб гIилла букIинчIо, гьеб бакI гIицIго нижерго тадбирал гьаризе санагIатаб бакI бати гуреб. Спортивиял къецалги гьаризе кколел рукIана нижеца, плов  белъинеги ракIалда букIана. ТIадежоялъе, как балеб рукъги батана гьениб. Гьединлъидал свера-хъверун балагьидал, гьенир чIезе хIукму ккана. Дова ватарав хъаравуласулгун дандбайдал, гьесги бегьилин абуна. Хадусеб нухалъги щвана дун гьениве. Физзарядка гьабулел ратарал гIолохъабаздаги бицана дица нижее гьениб нижерго дандеруссин гьабизе бокьун бугилан. Бегьулареб жо гьениб щибниги гьечIилан гьезги абуна. Кяхулай росдал участковияв инспекторасдаги лъазабуна гьелъул хIакъалъулъ. 
Цинги ниж доре ракIарараб къоялъул радал гьениве щвана Кяхулай росдал вукIарав бегавулги. Гьеб бакIалъул жавабчилъи жинда тIад бугилан абидал, гьенир ракIаризе гьесухъаги ихтияр гьаранаха нижеца. Гьев разилъана. ГIицIго абуна рацIцIа-ракъалъиги цIунейила, гIурччинаб зонаялде машинабиги рачунгейила. Гьесдаса хадув вачIарав гьединавго цоги чиясги гьебго жо абуна нижеда. 
Гьез абураб куцалда нижецаги гьабуна. 
Тадбирги берцинго тIобитIана: хIисаб кьуна араб соналъ нижер гIуцIиялъ гьабураб хIалтIул, шапакъатал рикьана районалъул щибаб росулъ ругел кураторазе. Цинги чIор речIчIиялъул, гиря борхиялъул къецалги гьаруна. Къадеквание пловги белъана. 
— 2 февралалда букIараб гьеб дандеруссиналда бан лъазаби лъарагIаз 7 февралалда гьабиялъе гIилла щибдай?
— Социалиял сетазда комментариял хъван рихьана рузманалъул какдаса хадур, кире рачунел ругелалигицин лъачIого, ракIарун ругила видеоялда ругел гьел гIолохъабиян. 
— МаслихIат хIисабалда гьоркьоб рагIи бицинеян лъарагI миллаталъул рахъалдасан нужеда аскIове вачIарав чи ккаравищ? 
— КкечIо. Инстаграммалдасан щиб, фейсбукалдасан щиб хъвадарун гурони, официалияб куцалда нуж мекъал рукIанин яги ритIарал ру­кIанилан нижеда абулев чи вахъинчIоха гьезул. 
— Журналист МухIамад БисавгIа­лие­вас фейсбукалдасан нужеде гIайиб-гъвел гьабулеб бугоан рогьалил какде рахъаян абун эстафета кьунин нужеца Таргъу магIарда сверухъ ругел лъарагIазул росабазе. Гьелъул магIна букIана дин, цин бугони, руцIцIухIунги рукIун гьабизе кколин, цоцахъе эстафетабиги кьечIого. КIиабизе бугони, Шамил районалъ насранияб динищин босун бугеб цояб чIван хадуб, цогидабги кIаркьен цебе кквезе. 
— Гьеб хIужаялда дандеккей лъугьана гьелъул. Рогьалил какде рахъаян районалъул щибаб росдал гIадамазде хитIаб гьабизе цебего ракIалда букIана нижеда. Гьанже Таргъу магIарда бан ккараб дагIбаги хIисабалде босун, щайтIаналъул мугъги бекизе букIинеян гьабуна таркиялъулазде нижеца гьединаб хитIаб. Жидедехун нижер щибниги жахIда-хIусуд гьечIолъиги бичIчIизабизе, гьединаб жоялдасан ишги ракълиде бачIинилан хьу­лалда.  
МахIмуд ГIибадулаев, видеохитIа­балда аслияб кIалъай гьабурав чи:
— МахIмуд, абулеб буго доб видеоялда дуда сверухъ ругел гIолохъабазда лъалебцин букIун гьечIин сундуе гIоло ракIарулел ругелали, рузманалъул какдаса хадур данделъарал чагIи ругин гьел киналгоян. 
— ТIоцебе дида гьелъул хIакъа­лъулъ вотсапалдасан бицунеб рагIана. Гьениб гIолохъабаз абулеб бугоан какдаса хадур Таргъу росдал мажгиталда цере ракIаризе ругилан. Цинги цогидас абуна Таргъу росулъ гурелъулинха гьел гIолохъабаз жидерго тадбир тIобитIараб, ГIамирхан-кенталдалъидалин. Гьединлъидал киназулго хIукму ккана ГIамирхан-кенталда данделъизе. 
— Жидедаса изнуги босичIого, доре рачIуниланищ гьезул рази­лъун­гутIи букIараб?
— Гьениреги рачIун Шамил районалъул гIолохъабаз плов кванаялда кинабгIаги тIадкIалъай букIинароан гьезул. Амма гьезда бичIчIичIеб жо буго жидер ракьалдеги рачIун Шамил районалъул гIолилаз лъагIалил хIисаб кьеялъул тадбир гьабиялъул магIна. Шамил районалъул цIар рехсолеб бугелъул, гьединаб тадбир гьеб районалда тIобитIизеги ккеларищха.     
Гьеб буго цо рахъ. КIиабилеб рахъ буго зама-заманалдасан нижер ракьал кколел рукIин. Масала, Сепараторазул мухъ ккола Кяхулай росдал букIараб бакI. ТIомолгун венерологиял унтаби сах гьарулеб больница абуни буго Альбурикент росдал ракьалда бан. 
Гьанже гьадаб Таргъу магIарда гъоркь гьел гIолохъаби данделъараб бакI жеги чIобого буго. Гьединлъидал гьелда берги лъундай гьел гьенире рачIун рукIаралин абурал харбал раккана нижер гIадамазда гьоркьор. 
— МахIмуд, гьел гIолохъабазул гIуцIиялъул цевехъан МухIама­ди­ца бицана жидеца нужер чанго чиясда цебеккунго лъазабунин гьеб тадбиралъул хIакъалъулъ.   
— Официалияб куцалда чан къоялъ цебеккун лъазабизе кколебали лъалищ дуда гьеб? Амма лъазабун батичIо. Гьениса-гIебеде чуял хьихьун ругел нижер васазги абун буго гьезда Таргъу росдал мажгиталдаса изну босизе кколин гьенире ракIаризе. Ун гьечIо гьениреги. 
Цинги плов белъун бахъунеб гIадаб мехалда, гьезда тIаде щун вуго Кяхулай росдал вукIарав бегавул, гьикъун буго гьел киса-щалилан. Гьезги жидерго мурад бицун буго. Гьедин батани, нужедаго хадуб рищни-къулниги бакIарун тейилан гьесги абун буго. ТIокIаб щибиланха гьес абизе букIараб? 
ПалхIасил, Шамил районалъул гIолохъабазул гIуцIиялъ сан гьабун гьечIо нижер лъабабго росдал? Нижерги руго гьединалго гIуцIабиги жамагIаталги. Гьединал жал дандралеб гIадат букIуна. 
— Дандбарабани, букIинаандай нужер тIадкIалъай? 
— Валлагь, букIинароанха. Дида лъаларо сверун къан рахараб гьеб бакIалде ракIаризе щай гьезие къваригIун букIарабали. «Якорек» лагерь букIана гьениб цебе. ЧIунтаралин кканиги, цо-цо минаби руго гьенир нижеца жаниб спортзал ва цогидаб гьабизе хIисабалде росарал. 
Гьел руго ГIамирхан-кент абураб росдал хутIелал. 1831 соналда биххизабуна гьеб. Гьелда бан кIиго бицен буго. Цояб – гIурусазул аскаразе лъим кьечIолъиялъ биххизабун бугин абула ГIамирхан-кент. 
КIиабилеб бицен – гIурус пачаясе гьа банилан ццинги бахъун, Таргъу росдаде тIаде кIанцIи гьабулелъул Авар ханас биххизабунила гьениб гIорхъода букIараб ГIамирхан-кент. 
— Интернеталда комментариязда хъвалеб бугоан нуж гьеб видеохитIаб гьабизе цо хасал мурадал ругел чагIаз тIамун ругилан. 
— Гьереси буго гьеб. Амма гьединаб мехалда ахIи бан киналго гIедегIула пуланаб бакIалде. Лъица данде гьарулел ругелан суал лъоларо нижеца. 
— 2 февралалда гьабураб гьеб тадбиралда тIасан хитIаб 7 февралалъ гурони щай гьабичIеб?
— 4 февралалъ гурони лъачIо нижеда. Тадбиралъул хIакъалъулъ видеоги цогидабги дол гIолохъабаз интернеталде рехун букIинчIебани, гьебгицин лъалароан нижеда.     
— МахIмуд, МВДялъ лъазабунаха дур хитIабалъе кколеб къимат кьезе бугин. Гьединлъидал миллатчилъиялда бан гIайиб гIунтIизабизе рес бугин дудеян хъвалеб буго.
— Лъала. Амма дица гъоба хас гьабун магIарулал абун, цо миллат гурелъулха бихьизабураб. Дагъистаналъул киналго халкъалин абуна. МВДялъулал абуни, гьеле гьеб рагIиги ккун чIун руго. Миллатги миллатчилъи батIи-батIиял жал руго.  
P.S.Бицен гьабулеб лъугьа-бахъиналда бан, дагьал церегIан къоязда данделъун рукIана Шамил районалъулги лъарагIазул лъабабго росдалги (Таргъу, Альбурикент, Кяхулай) вакилзаби, диниял хIаракатчагIи. 
ГIезегIан берцинаб, цоцазда ричIчIараб кIалъайги ккана гьениб. ГIасрабаз цоцазда цадахъ гIумруги тIамулел, гьоркьор ригьналги, гьудул-гьалмагълъиги бугел Дагъистаналъул миллатазул хадубккунисеб къисматги цоцада бухьараб букIине бугеблъи хIакъаб буго. БатIияб хIалалда букIине кинго ресги гьечIо.