Нусгоялдасаги цIикIкIун соналъ цебе Чирюрталдаса Авар ва ГIанди гIорал журалеб бакIалде шагьранух бахъизе ракIалда букIун буго пачаясул хIукуматалда. Амма граждан рагъги цогидал гIиллабиги сабаблъун, гьеб проект кагътидаго хутIанин абун бицуна. АнцIго соналъ цебе «Новое дело» газеталда хIалтIулев вукIарав Сулейман Сулеймановас хъвараб макъалаялда бицунеб букIана, анлънусго миллион гъурщиде ЧIикIаб ГЭСалъул хIорил рагIалккун нух бахъизе бегьулаанин ва...

