Имам Шамилил проспект къачIазе буго

МахIачхъалаялъул имам Шамилил цIаралда бугеб проспект цIи­гьабун къачIаялъул тадбиразде байбихьизехъин буго шагьаралъул нухма­лъиялъ. Гьелъие биччалеб буго 1,5 млрд гъурущ.
 12 февралалда гьеб суал гьоркьaоб лъураб данделъи тIобитIана хIукуматалдаги. 

Реконструкция гьабулаго ракIалда бугин шагьранух къа­чIа­зе ва бажарараб къагIидаялъ гьеб гIатIидги гьабизеян бицана данделъи бачарав хIукуматалъул нухмалъулесул заместитель ХIа­жимухIамад ХIусеновас. Гьединго хисизе руго шагьранухалъе канлъи кьолел чирахъалги. Киналниги хIалтIаби  лъугIизаризе ракIалда буго 2022 соналде. 
Гьелда бан информалатазе кьураб баяналда, шагьаралъул мэр Салман Дадаевас бицана 50 миллион гъурущ биччан бугин реконструкциялъул проект гIумруялде бахъинабизе. Гьединабго проект 2015 соналъги букIанин хIадур гьабун, амма цо-цо бакIазухъ ба­лагьун, гьеб басралъун бугин, гьединлъидал цIияб проект хIа­жалъизе бугин бицана гьес. 
«Дихъе гIадамаз рачIунел гIар­забазда гьикъула имам Шамилил цIаралда бугеб проспект кидайин къачIазе бугебилан? Амма киназдаго гуро бичIчIулеб кигIан захIматаб хIалтIи гьеб кколебали. Шагьранухалъул рагIа-ракьанги къачIан тIубалеб хIалтIи гурелъул гьеб», — илан абуна мэрас.
С. Дадаевас бицунелда рекъон, реконструкция гьабулаго лъабгониги бакIалда  ракьуда гъоркьан яги тIасан гIадамаз нух бахунел бакIал гьариялъулги суал буго.
«Амма ракьуда гъоркьан гьединаб бакI гьабизе бегьилищ яги бегьиларищ абураб суал хутIулеб буго рагьараблъун. Щайгурелъул лъим къватIибе кIанцIизе рес буго, ракь бухъани. Ракьалда тIасан нух бахунел бакIал гьарулел ругониги, гIемерал хIалтIаби гьаризе ккезехъин руго. ПалхIасил, гьеб суал роцIцIинабизе буго проекталда тIад хIалтIулез», — илан абуна Дадаевас.   
Проспект цIи гьабун къачIаялъул хIалтIабазде исана байбихьизе бугин лъазабуниги, щиб моцIалъали мухIкан гьабулеб гьечIо мэриялъ.