Лъабгояв жаниве, цояв къватIиве

 
РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ ккуна Каспийск шагьаралъул судиясул кумекчи ГIабдусалам МухIамадов. 
Гьесде гIунтIизабулеб буго ришват босиялъул мурадалда такъ­сир­чагIазул къокъа гIуцIиялъул гIайиб. 
Гьединго ккун руго Южно-Сухокумск шагьаралъул бетIерасул ву­кIа­рав заместительги архитекторги.
ЦIех-рехалъул комитеталъ информалатазе кьураб баяналда рекъон, Каспийск шагьаралъул судиясги гьесул кумекчи ГIабдусалам Му­хIамадовасги хехго бечелъиялъул мурадалда, гIуцIун буго ришватал ра­кIарулел такъсирчагIазул къокъа. 
2019 соналъул маялдаса сентябралде щвезегIан кинабниги микьго нухалда ришват босун бугин гьел кIиязгойин хъвалеб буго баяналда. Гьеб къагIидаялъ гьез бакIарун буго 50 000-ялдаса бахъараб бащдаб миллионалде щвезегIан гIарац.
Гьединго 13 февралалда бачIараб баяналда рекъон, ккун руго Южно-Сухокумск шагьаралъул бетIерасул заместитель Шахсин Мирзоевги шагьаралъул архитектураялъул нухмалъулев Тимур Абакаровги. Гьезде гIунтIизабулеб буго хъулухъалдаса пайдаги босун, шагьаралъул бюджеталъе зарал гьабиялъул гIайиб. Гьел кIиялго жанир тIамун руго.
Цере жанир тIамун рукIарал хIакимзабазул рахъалъанги цIияб хабар лъана 13 февралалда. 
Республикаялъул ФОМСа­лъе, гьединго Ма­хIачхъала шагьара­лъе нухмалъи гьабулев ву­кIарав МухIамад Су­лейманов къватIиве виччана республикаялъу­л Вер­­ховный судалъул хIук­муялда рекъон, 13 фев­ралалда. Судалъ гье­ди­наб хIукму гьабун бу­го республикаялъул МВДя­лъул следователа­сул ходатайствоялда ре­къон. Гьев къватIивеги виччан вуго лъабго моцIрол болжалалда кинал рукIаниги ишал гьаризеги гьукъун. 
Гьединаб хIукуму гьабиялъе гIиллалъунги ккун буго 17 февралалда гьев туснахъ гьавиялъул болжал лъугIулеб букIиналда бан. 
Сулейманов ккун вукIана 2018 соналъул августалда.