ГIАЧИВЕХЬ

ГьерекIдерил магIарда жамагIаталъул гIачиязда вукIун вугила къватIиб росулъа вачIарав цо мискинав чи. Гьеб заманалда хьиндалазул гIезегIанго гIадамал унел рукIун руго Азайни вугев ханасухъе, гьесие сайгъаталъе батIи-батIияб пихъил цIурал гьагьалги лъун, хIамулги рачун.

Гьев ханасги жив кIодо гьавун рачIарал гьел гIадамазе гьез бачIаралдаго рекъараб батIи-батIияб сайгъатсалам кьун, ритIулел рукIанила. Хасго басрияб, бихъа-тараб ретIел-хьит, партал гIемер кьолеб букIанила гьес.

Цо нухалда дов гIачивехьасул чIужуялъ жиндирго росасда абунила:

– Ле, дир бетIергьанчи, нилъги хьит-парталалъулъ цIакъго язихъго руго, мунги щай унарев Азайниве ханасухъе, гьесие кинаб букIаниги сайгъатги босун. Гьенире арал гIадамалги, партал-хьитги щун, рачIунел руго, – ян.

– Дунни гьениве кутакалда инаан, гьесие босизе жо бугебани, нилъерго щибго гьечIогури, щиб босун дун гьесухъе инев? – ан абунила росас.

– Дица курак балагьилин, гьедин батани, мун ине къачIай, – ан абунила чIужуялъ.

Чанго къоялъ тIатIалаго батIи-батIиял гIадамазе цебе ккара-ккараб хIалтIи гьабизеги хьвадун, цо хIамида лъезе гьагьал цIезегIанасеб курак балагьанила чIужуялъ.

 

Цо кIудияб сапаралъ къватIиве вахъунев чи гIадин, рачI хIулараб хIамида куракул гьагьалги лъун, Азайни ханасухъе сапарги бухьун, вехьги къватIиве вахъанила. Росас гьениса рачIунел жалазул пикрабиги гьарулаго, йоха-хинлъун гьев вачIинегIан, гIачиязде хьвадилей чIужуги йикIанила.

ГьерекIдерил мегIерги бегун, эрпелдерил магIарде щвараб мехалда, вехьасда дандчIванила кутакалда ретIел-хьиталъ къачIарал, месед-гIарцуца гвангъизабураб ярагъги барал, гъоркь чIоларел кьариял чуязда рекIерал цо чагIи.

ГIачивехь данде ккейгун, гьез чуял лъалхъизарунила, ва бищунго цеве вукIарас, нухлуласдехунги вуссун, гьадин абунила:

– Ле, нухлулав, мун щив чи, мун киса вачIунев, киве унев чи? – ян.

«Мун щив чи?» – абураб суалалъе «Дун вуго цо чи», – ян жавабги кьун, цогидал суалазе жавабги кьечIого, гьев ине лъугьанила.

Жидее дагьаб курак бичейилан гьаранила гьес гIачивехьасда.

ГIачивехьас абунила: – Валлагь, бичиларо, гьеб буго цIакъ рикIкIадаса бахъа раб Азайниса ханасе сайгъаталъе босун унеб бугеб жо, – ян.

ГIемер гьарданила гьел гьесда дагьаб жогIаги бичеян, жидеца дуе дуца абураб гIарацги кьелин. Нужеца кигIан гIемераб гIарац кьуниги, бичиларилан вехьасги абунила.

– ЛъикI бугоха, а дурго Азайниве, – ян абунила гьесда хъахIаб чода рекIун вукIарав чияс. Гьев чи живго Азайниса хан вукIанила. Жиндирго хIамаги цебе къотIун, вехь Азайниве валагьун вилълъанила. Амма, магIардаги сверун, ханги гьесул нукарзабиги вехьасдаса цере рокъоре щванила. Гьел рукIанила хангун цадахъ мугIрузде рекIелгъеялъе тира-сверизе арал чагIи.

Цо заманалдасан гIачивехьги щванила Азайниве, ханасул рукъги цIехон, гьенив рещтIанила, гьесие сайгъаталъе босараб куракги кьунила. Ханасул чагIаз гьесие ва хъизамалъе бихъа-тараб ретIел-хьитги гIарацги кьунила ва нахъияб къоялъ берцинго, разиго нухда лъунила. ГIачивехь нухде вахъун гIемер мех балелде, нукарзабаздаса цояс ханасда гьадин абунила: – Гьадав гьоболасе кьурабгIанасеб жо, гьабгощинаб заманалда дуе нукарлъи гьабулел ругониги, дуца нижее кьечIо.

Гьеб дир ракIалъе цIакъ захIмалъана. ГьабсагIаталда досда хадувги ун, дуца досие кьураб жо бахъизе ракIалде ккун буго дида, – ян.

– ЛъикI буго, – ян абунила жиндирго нукар къварид гьавизе бокьичIого ханас, – амма дуца досие ярагъ-квералдалъун щибго жо гьабуге, кIолеб бугони, хабар-кIалалдалъун бахъе. Бан лъикIаб ярагъгун, рекIун чодагун, нукар вахъа — нила гIачивехьасда хадув.

Ханасул ракь телалдего, нукар гьесда хадув гъунила ва борхатаб гьаркьидалъун ахIанила гIачивехьасде:

– Ле, нухлулав, мун чIа, ханас дун витIун вуго мун нахъвуссинавун жиндихъего вачейилан! – ян.

Щибизедай дун гьесие абун, батIи-батIиял пикрабиги гьарулаго, вехь цIакъго ургъалилъе кканила. Гьев дагьавги захIматаб хIалалде ккезавизе къваригIун, тIаде щварав нукарас гьесда абунила:

– Дица кьураб лъабго суалалъе дуца битIун жаваб кьуни, дица мун нахъвуссинавун вачинчIого тела, – ян.

ЛъикI бугилан вехьги разилъанила. – Кье дурго суалал, дица кIвараб куцалда дур гьел суалазе жаваб кьела, – ян абунила вехьас.

– Гьаб дунялалъул бакьулъ бакI киб бугеб? – ан гьикъа — нила нукарас гьесда тIоцебе.

– Гьаб дир чIегIераб хIамил щинкIил чIараб бакIалда гъоркь буго, гьелда божиларин ккани, борце дуцаго, – ян абунила гIачивехьас нукарасда.

Бегьанила вехьасул гьеб жаваб нукарасе. – Гьадаб зодоб чан цIва бугеб? – ан гьикъанила кIиабизеги нукарас гIачивехьасда.

– Гьаб дир чIегIераб хIамида чан рас батаниги, гьедигIан цIва буго зодоб, гьелда дур щаклъи кколеб батани, рикIкIе дуцаго, – ян жаваб кьунила гьелда дандеги гIачивехьас. Бегьанила гьеб жавабги нукарасе.

– Гьанже дуца бице бищун ясазе вокьулев чи щивали?– ян гьикъанила лъабабизеги нукарас.

– Гьеб дуца ретIун бугеб ретIелги, бан бугеб ярагъги, гъоркь рекIун бугеб чуги дихъе кье, – ян абунила, хIал хъубав нукарасда ракIалда бугеб жо бичIчIизе лъугьарав гIачивехьас,

– гьебмехалда дица бихьизабила дуда ясазе вокьулев чи кинав вукIуневали.

Хисанила гьез ретIелги, банила гIачивехьас нукарасул ярагъги, ваханила гьев нукарасул чодеги ва «Ясазе гьадинав чи вокьула!» – янги ахIун, кьабун чода цIалгун, «Дуе къо-мех лъикI!» – илан нукарасдаги абун, бухъизабунила гIачивехьас рокъобе.

Вехьасул хIул-хIулараб чIегIераб хIамаги цебе къотIун, ханасухъе тIадвуссун нукарги анила. ГIачивехьасулги жиндиргоги ккараб гьес ханасда бицанила. Гьебмехалда ханас гьесда абунила: – ЧIалгIаде гуреб дос, мун щиван гьикъараб мехалъ, дун цо чи вугилан доб магIардаго абун букIараб. Долъул магIна букIана, дун вуго цо чиясда данде чи абураб магI — на, – ян.