Рахъ битIун бай, гIолохъаби!

Пикру гьабулев чиясда бичIчIула ва бихьула гьаб дунял, нилъее къокъабго заманаялъ гIумру гьабизе кьураб, хIалбихьиялъул рукъ букIин. Гьаниб балеб нусго сонги халатаб гIумру гуро. Саназул къадар дагьаб букIаниги, цо-цо чияс дунялалда бараб 40-50 сонги халатаб, инсанияталдаго гIасрабаз ракIалда чIолеб, гIемерав чисе пайда гьабураб, къисматалъул гIуруде данде квачI бараблъун бихьулебги букIине бегьула.

 

Нусилъа арал сонал раниги, цо къо бараб гIадин, кIочон теялъул пардавалъул риццатал гъатаз вахчунги хутIизе бегьула инсан. Гьелдалъун бичIчIула: аслияб жо дунялалда рарал соназул къадар гуро, гьезда жаниб лъураб магIна, гIадамазе ккараб пайда, Аллагьасе гьабураб тIагIат, ай Аллагьасе гIоло гьабураб лъикIаб гIамал, ТIадегIанасул амруялда нахъ рилълъин букIин.

 

Амма гIемерисезул иш машгьурав гIурусазул шагIир Сергей Есениница абухъе кколеб буго:

«Как мало пройдено дорог –

Как много сделано ошибок»…

«Нахъа тарал нухал цIакъ дагьал руго,

Гьарурал гъалатIал – унго гIемерлъи!»

 

ГъалатIалго гьаруларел малаикзабилъунги ритIун гьечIо нилъ гьаб дунялалде. ГъалатIги мунагьги щиб жоялиги бичIчIулел, щивасе бихьизабураб къисматалъул нухдасан унаго, БетIергьанас кьураб лъикIлъиялдаса роххун шукруги гьабизеги лъалел, Гьесго цере лъурал захIмалъабигун къеркьолаго щиб бихьаниги, сабруялдаги рукIунеллъун ричан руго. Гьедин хьвадизе ккани, цIакъго кIвар цIикIараблъун буго щулияб иман букIин ва исламияб хьвада-чIвади кIалъаялъулъ гуреб, тIагIат гьабиялъулъцин гуреб, рекIелъ букIин. Нилъее бокьун буго Иманги рекIелъ щула гьабун Исламалда рекъон хьвадизе гуреб, Иманги, Исламги, шаргIги, гIумруги нилъеда рекъон букIине, нилъер гIунгутIабазда, хIатта мунагьаздаги тIад рекъон чIезе. Нилъецаго Исламалда рекъон напсги куцазе черхги хIалтIизабизе нилъер цо кIудияб гъираго гьечIо. Гьединлъидал, нилъ гIалимзабигун, дибирзабигун къацандулел руго, гьезда нилъедаялдаса цIикIкIун лъалеблъи бичIчIулебги букIин якъинаб бугониги. Нилъ къацандулел руго кидаялиго лъицаялиго гьадин абулеб букIанин рагIаралда мугъги чIван, гIелмияб лъайги гьечIого. Гьеб гьедин букIиналъе хIужаби рачине лъугьани тIубараб тIехь лъугьина.

 

Дие бокьун буго цо, дир пикруялъе рахIат толареб, гIиллаялъул бицине. Нилъеца бицунеб харбилъги, хIатта вагIза насихIаталъулъги Цогояв Аллагьас бижараб гIумру гьаб дунялалдеги ахираталъул дунялалдеги рикьулаго, тIей гьечIого цоцада рухьарал, цоцада хадур цун ругел, цояб цойгиялде хIадурлъилъун ругел гьел цоцадаса ратIа гьарулел, рикIкIад гьарулел руго. ХIатта гьаб дунялалда цIарцин лъолеб буго «светияб», «дунявияб» гIумруйилан, ахираталдаса батIалъулеб хIалалъ. Атеистасда гьениб гIемераб къого бихьулеб гьечIо, «диналдаго хурхинчIеб», «жинде Аллагьасул асарго гьечIеб», «нужер беразда бихьулеб», «тIабигIаталъ жибго жинцаго лъугьинабулеб» гIумру абун тIаде жубазе.

 

Гьаб дунялги Аллагьас бижараб, Гьесул асар гьечIого щибниги лъугьунареб, нилъее хIажатабщинабги чIезабун, ахираталъул нухда нилъер хIал бихьизе кьураб букIин Иман бугев чиясда лахIзаталъги кIоченаро, кIоченеги бегьуларо. Аллагьас инсанасе кьун буго гIакълу, пикру гьабизе ва кIалъазе гьунар. ГIакълуялъул бетIергьанасда, пикруги гьабун, щай жив вижаравали ва сундуе вижаравали лъазе ккола. Лъалеб гьечIони, гьесие гьеб гIакълу кьеялъул магIнаго гьечIо.

 

ГIакълу Аллагьасго кьечIев чи вугони, гьесда нилъеца «гIабдал» — илан абула. Гьесда тIад лъураб жоги щибго гьечIо. Психологиялъул гIалимзабаца гIабдаллъун рикIкIарав чияс гьабураб такъсирцин рикIкIунаро. Аллагьасги фарз тIубаянцин абуларо жужахIалдеги витIуларо. Гьедин букIаниги, нилъеда гьоркьосан щивго разилъиларо, гIакълуги нахъе босун, гIабдаллъун лъугьине.

 

Гьединлъидал, Аллагьасе тIагIат гьабизеги, гIадамаллъун гIадамазулъ рукIинеги нилъго разилъун, нилъецаго тIаде босараб амру ккола. Гьеб тIубалеб гьечIони нилъ, Аллагьасе гурелги, нилъерго тIадебосиялъеги хилиплъарал чагIи ккола. Цо-цоязе цIакъ бокьун букIуна дин кIиабилеб бакIалде хъущтIизабизе, дунявияб гIумру цебе лъезе. Гьеб ккола гьоко чода цебе бай гIадаб жо. ХIакъикъаталда гIумруялъулъ букIине ккола гьадинаб тартиб – хадуб-цебе рекъей:

 

1.ТIадегIанав Аллагь – кинабго бижарав, кинабго лъалев 99-абго сипатазул БетIергьан, бищун кIудияб, цоги щивго ва щибго жинде рахунареб гIакълу, Гьесдасан бачIанщинаб.

  1. Аварагзаби, бетIералда Аллагьасул ахирисеб амру халкъазухъе щвезабурав аварагзабазул хатму МухIаммадгун (жинда Аллагьасул ссалатги саламги лъеяв) ва гьесдасан бачIанщинаб, гьесда нахърилълъарал гIалимзаби.
  2. Исламиял ва Аллагьас рижарал дунялалъул гIалимзаби, иман щулиялги цере ккезарун.
  3. Аллагьасдаса хIинкъарал муъминзаби.
  4. Аллагьасе гIоло лъикIаб гIамалалда хьвадулел чагIи.

 

Гьаб тартиб буго гIакълуялъул камиллъиялъухъ балагьун гьабураб. Гьединаллъун гьечIони, 1 ва 2 хутIизегIан, гьезулги гIакълу мукъсанлъулелъул ва гьаб тартибалдаса рахъулелъул.

 

Гьездаги гьел гурел дунялалда вижанщинав чиясдаги Аллагьас тIадаблъун гьабун буго дунялалда гIумру гьабизе. ГIицIго хIалалъи- хIарамлъиялъул гIорхъи цIуни буго нилъее хIалбихьилъун кьураб жо. Дунялалъул хIалбихьиялъе жавабги кьечIого ахираталде хьул лъурав чи кколев вуго, рекьиги тIаса-масаго, хашго гьабун, хаслихъе лъикIаб бачIиналде хьул лъуравлъун. Дунял, ахираталъе бачIин щвезе, бекьулеб хур бугинги абулелъул гIалимзабаз.

 

Дирни, заманалда хурги бекьичIого, херлъараб мехалъ гьардухъ лъугьарав чиясул хIисаб бугин: киназдаго дугIа гьабеян гьарделев хутIун вуго. Рахъ битIун бай, гIолохъаби! Рекьи-хIалтIи заманалда гьабе хурухъаби, ай бусурбаби!

 

Бихьун лъарав

 

Сурат босана гьаниса: https://klike.net/10419-kartinki-zhiznennyj-put-100-foto.html