«ПатIимат ТахIнаева: Шамилица жинцаго хъвана жив асир кколилан»

7 июналда МахIачхъалаялда Профсоюзалъул минаялъул зал занкIун цIун букIана тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъухъ гIенеккизе рачIарал чагIаз.

 

Гьелъ бицана лъабавго имамасул заманалда Дагъистаналда букIараб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIалалъул. Гьелде щвезегIан чанго моцIалъ цебеккун батIи-батIиял харбал тIиритIизарулел рукIана тарихчIужуялъул рахъалъ. Масала, гьелъ имам Шамил какун вугила, гьев гIурусаз унголъунги асир гьавун вукIанилан чIун йигин гьейилан. Гьединлъидал лекциялъухъ гIенеккизе рачIарал гIемерисезеги хас гьабун гьеб суалалъе жаваб щвезе къваригIараб хIисаб букIана.

 

Цебегоялдасаго бугеб дагIба кколелъулха Шамил асирищ гьавурав яги кIалъа-басаязде вачIаянги абун, махсародейищ ккурав абураб суал.

 

Асир гьавиялъул тема къазе кколин цоял, гурин, кинаб батаниги, битIараб бицине кколин, гьеб нилъер тарихлъидал кколебилан дорасахун ахIдолел гIолохъабазул, цого хъуй бахъана гьеб къоялъ залалдаги.

 

«Имам Шамил асирлъуде унев вукIинчIо, амма гьев асирлъуде ккана. Хъизангун цадахъ кIагьадерил тIалъиялда вугев гьесухъе сардилъ Даниял-Султан (Барятинскиясда цадахъ имамасулгун кIалъа-басаязда вукIарав) вачIуна. Жинца жиндирго яс Каримат (имамасул вас МухIамадил лъади) нахъе ячунин гьев чIедал, Шамилица инкар гьабулеб букIун буго гьей йиччазе. Цинги Даниял-Султаница абула мун асир гьавурав чи вугин, жинца жиндирго ясги асирлъуде йиччаларилан. Гьедин хъвалеб буго ГIабдурахIманица (Гъазигъумекиса – авт.).

 

Гьединго нилъер Миллияб музеялда буго 1859 соналъул ноябралда имам Шамилица жиндирго квералъ наиб МухIамадаминихъе хъвараб кагъат. Гьес гьениб хъвалеб буго жив вугин асирлъуде ккарав имам Шамилилан.

 

Дица гьаниб бахъиларо гьеб суалалда сверухъ цIа боркьараб дагIба-къец багъаризабурав чиясул цIар. 1991 соналда имам ГъазимухIамад ракIалде щвезавун тIобитIулеб гIелмияб конференциялда цIалана гьеб «Шамилил нусго кагъат» абураб тIехьалъул авторас (Хулата ГIумаров – авт.). Гьесда тIокIкIун лъалаан имамас кагътал хъвалеб къагIидаги гьесул хатIги. Гьеб кагъатги имамас жиндирго квералъ хъвараб бугин абулаан ГIабдурахIманица», — ян бицана ПатIимат ТахIнаевалъ.

 

Амма цогидав тарихчи – Шамхалдибир ГIисаев кинго разилъулев гьечIоан гьелъул пикруялда: гьев ГIабдурахIманица хъвараб жоялдаги гьедигIан кутакалда ракIчIун рукIине кколарила, ТахIнаевалъул росулъа ХIажигIали Данияловасдаса разилъи гьечIолъиги загьир гьабуна гьес, гьесулги гьелъулго гIадаб пикру букIанила. Цинги Шамхалдибир ГIисаевас Лазаревасул хIакъалъулъ цо жо бицинехъин букIана рагIа-ракьанде щун магIарул мацI лъалев вукIарав Лазарев абун. Расги лъалароан Лазаревасда магIарул мацI абун гьоркьов къотIизавуна ПатIимат ТахIнаевалъ гьев.

 

Залалда ахIвал-хIал гIодобиччазабизелъун, Шагьрудин Шамхаловасул (советияб заманалда рукIарал республикаялъул нухмалъулезул цояв) хIакъалъулъ цо бицен ракIалде щвезабизе лъугьана Хунзахъа тарихчи МухIамад ГIаммаев. МагIарухъ ЛЭП (высоковольтная линия электропередач) лъунилан, партиялъ кьварараб бадибчIвай гьабун буго гьесие (выговор). Цинги ахиралда кIалъазе ихтиярги кьун буго Шагьрудиние. «Выговорал рукIуна кьолелги рахъулелги жал. Гьанже гьал ЛЭПал нахъе рахъизеги хIал бихьеха нужецаго» ян абун буго гьес.

 

«Гьединлъидал, ПатIимат, хъвай, дуцаго хъвалеб букIараб куцалъ. Киназгоги ецциларо мун, амма гIемерисез дуе баркала кьезе буго. Критикалги рукIина, тарихалъул магIна бичIчIулеб ххвел гьабулел критиканалги рукIина. Амма улкаялъул президентасул Администрациялде щвезегIангицин дуда бугьтаналги лъун кагътазда гьоркьоб цониги гьечIо унго-унголъунги гьабураб гIелмияб критика», — ян абуна МухIамад ГIаммаевас.

 

ПалхIасил, жеги гIезегIан асар гьабулел кIалъаял рукIана гьенир. Гьезул хIисабги гьабун, ПатIимат ТахIнаева цIидасан ахIизе кколин гьалдасаги кIудияб залалдеян абураб хIасил гьабуна гьеб тадбир нухда бачарав жамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевас.