Дунялалъулго маданияб хазинаялъулъ – Дагъистан

1-5 июлалда Дагъистаналда тIобитIана «Горцы» абураб фольклоралъул ва маданияталъул халкъазда гьоркьосеб ХХI фестиваль.

Гьелда гIахьаллъана Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса, Азербайжаналдаса, Белоруссиялдаса, Монголиялдаса, ДНР ва ЛНР республикабаздаса творческиял коллективал ва халкъиял махщалил устарзаби. Дагъистаналдаса фестивалалда гIахьаллъи гьабуна 50-ялдасаги цIикIкIун фольклорияб коллективалъ.

 

Фестиваль тIобитIана «Культура» абураб миллияб проекталда рекъон, ЮНЕСКОялъул ишазул рахъалъ РФялъул комиссиялъул квербакъиялдалъун.

«Горцы» фестивалалъе байбихьи лъуна Авар театралда цебе бугеб майданалда.

Расул ХIамзатовас 100 сон тIубаялъул хIурматалда «Россиялъул гьаракь» абураб халкъияб творчествоялъул байрамалдалъун рагьана гьаб нухалда халкъазда гьоркьосеб фестиваль. Байрамалде рачIаразе жидерго махщел рагьана Дагъистаналъул пачалихъияб операялъул ва балеталъул театралъул, Даггосфилармониялъул, «Каспий» Дагъистаналъул пачалихъияб кьурдул ансамблялъул, МахIачхъала шагьаралъул культураялъул управлениялъул лъималазул филармониялъул артистаз.

 

Халкъияб творчество бихьизабуна РДНТялъул «Волна», МахIачхъалаялъул «Лукоморье» ансамбляз ва республикаялъул батIибатIиял шагьараздасагун районаздаса артистаз. Расул ХIамзатовасул рагIабазда кучIдулги ахIана гьез.

Гьелдаса хадуб «Халкъиял гIадатал» абураб концерт бихьизабуна тахшагьаралъул аслияб майданалда. Гьениб Дагъистаналъул халкъазулгIадатал рихьизаруна ва кьурдабигун, кечI-бакъангун цере рахъана Болъихъ, Шамил, Хунзахъ, Унсоколо, Гъуниб, ЛъаратIа ва цогидал районазул фольклориял коллетиктивал.

Гьединго, фестивалалъул гIадаталда рекъон, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIана республикаялде рачIарал творческиял коллективазул вакилзабазулгун данделъиги. ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ, тадбир рагьулаго, абуна фестиваль тIобитIулеб бугин маданияб ирс цIуниялъе ва цебетIезабиялъе, гьединго халкъаздагун миллатазда гьоркьоб бухьен щула гьабиялъе гIоло. «Горцы» фестивалалда гIахьаллъулел нилъер ва цогидал улкабазул вакилзабаз маданияб ирсалъул унго-унгояб бечелъи бихьизабуна. Нилъер халкъазги гIадатал ва халкъияб творчество цIуниялдалъун, тIолгодунялалъул маданияталъул хазинаялъулъ кIудияб бакI кколеб буго», — ян абуна ДРялъул культураялъул министралъ.

 

КIиабилеб къоялъ фестивалалъул гIахьалчагIазда гьоркьоб тIобитIана «Нилъер Расул» абураб адабияталъул марафон. Гьелда гIахьаллъана БежтIа участокалдаса, Болъихъ, Лак, Хасавюрт, Агъул районаздаса, МахIачхъала шагьаралдаса кучIдул рикIкIунел ва шагIирзаби. Гьединго МахIачхъалаялъул Родопалъул бульваралде ракIарунрукIана улкаялъул батIи-батIиял регионаздаса бищунго лъикIал хал- къиял махщалил устарзаби ва гье- нир лъун рукIана гьезул хIалтIаби.

Гьезда гьоркьоб къадруяб бакI ккун букIана республикаялъул халкъияб махщалил устарзабаз. Масала, цIулал, гIарцул ва меседил тIагIелал, миллияб ретIел ретIарал ясикIаби ва цогидабги халкъияб махщалил къайи-матахI бихьизе лъун букIана майданалда гьеб къоялъ. Фестивалалъул программаялда рекъон, МахIачхъалаялда тIобитIана «ГIурусазул майдан» абураб хъа- захъазул культураялъул байрамги. Щуабилеб июлалда, Л. Н. Толстояс 195 сон тIубай кIодо гьабуна ГIурус театралда цебе. Гьениб жидерго фольклор бихьизабуна Дагъистаналъул ва улкаялъул цо-цо регионаздаса творческиял коллективаз. Гьебго къоялъ Родопалъул бульваралда тIобитIана «Русский казачий мир России» абураб суратазул выставкаги.