(«Къеди ва къедисел» абураб тIехьалдаса) Будалаазул мегIер ЦIад гьарулеб мегIералда цоги «Будалаазул мегIер» абун цIар буго. Гьенир будалаал рукIунеблъиялде ишара гьабураб цо гьадинаб хабарги буго. Дир эбелалъул инсуда ватун вуго цо чи гьеб магIарда гъоркь бугеб Жалхъолеб иццда как балев. Рахъун гIодор лъурал гьесул мачуялги берцин рихьун, гьес гьезул цояб кодобе босун буго. Гьелде балагьулев гьав вукIаго, дов чи, цояб мачуги...

