БатIи-батIиял диназул вакилзабазда гьоркьоб рекъел цIунулеб форум

31 маялда «Дагъистан» РИАялда бицана гьанжегIар республикаялда тIобитIараб Халкъазда гьоркьосеб диназда гьоркьосеб гIолилазулаб форумалъул хIасилазул хIакъалъулъ.

Исана анцIабилеб нухалда тIобитIараб гьеб форумалъул мурадаялъул ва масъалабазул хIакъалъулъ бицине рачIун рукIана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул отделалъул нухмалъулев Заур Уруджев ва ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель ГIумар Абакаров. 

 

Исанасеб форумалда гIахьаллъана Дагъистаналдаса, Волгоградалдаса, Ставрополаздаса, ЛНРалдаса ва цогидалги регионаздаса студентал. РачIун рукIана батIи-батIиял регионаздаса экперталги Египеталдаса, Йеменалдаса, Туркменисталдаса, Афгъанистаналдаса, Нигериялдаса ва цогидал улкабаздаса вакилзабиги. 

 

«БатIи-батIиял диназул вакилзабазда гьоркьоб тIобитIулеб халкъазда гьоркьосеб форум Дагъистаналда гьабулеб букIиналъул магIна ккола гьанир чанго батIиял миллаталги конфессиялги цадахъ рекъон гIумру гьабулел рукIин», — ан бицана Заур Уруджевас.

 

«ГIадамаз кинаб букIаниги диналъул хIисаб гьабула, «къимат кьола», гьелъул вакилзабазухъ, гьезул хьвада-чIвадиялъухъ балагьун. Жибго диналъул хIакъалъулъ цIалун, цIех-рех гьабун лъазабуларо. Диназда гьоркьосеб форумалдаян абуни студентазул рес буго исламияб, насранияб, ягьудияб, буддизмалъул диназул хIакъалъулъ экспертаз бицунеб рагIизе. Гьенир данделъарал батIи-батIиял диназул вакилзабазул цогIаги бахIс букIинчIо, гIицIго цоцаз бицунелъул интерес гьаби гурони. Гьенир гIахьаллъулез хIаракат бахъулеб букIана цоцазда хъвараб, цоцазда жалго ричIчIунеб бакI батизе, батIи-батIиял диназда гьоркьор ккезе рес бугел гIунгутIаби цереккунго лъазаризе», — ян бицана ГIумар Абакаровас.

ДандчIварал захIмалъаби гIакъилаб каламалдалъун, гIодорги чIун тIуразе бегьулеблъи бихьизабунин форумалдаян тIаде жубана З. Уруджевасги. 

 

Форумалъул гIахьалчагIи щвана РФялъул лъабго батIияб диналъул гьулаклъун кколеб Дербент шагьаралде ва гьелъул кIвар бугел бакIазде.