«Муслиматалъ» ва «Сила матерей» жамгIияталъ лъимал рохизаруна

КIиабилеб июналда «Муслимат» Руччабазул регионалияб жамгIияб гIуцIиялда, СВОялда хварал аскариязул лъималазе байрам тIобитIана.

 

Лъимал цIуниялъул къоялде «Муслиматалъ» ва «Сила матерей» абураб СВОялъул гIахьалчагIазул улбулгун лъудбузул движениялъ гIуцIараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна «Матери России» ДРОялъул председатель, Махачхъалаялъул Ленинский районалъул депутат Сефижат МухIамадрасуловалъ, ДРялъул милияб политикаялъул ва диниял ищазул министерствоялъул отделалъул нухмалъулей Хасайбат Валиевалъ, ДРялъул информациялъул ва печаталъул агентствоялъул нухмалъулесул заместитель Наида МухIамадовалъ, ДРялъул ва Ингушетиялъул халкъияй артистка, Пачалихъияб ДУМАялъул депутатасул кумекчIужу Зульфия Ильясовалъ, жамгIиял хIаракатчагIаз.

 

ГьитIичазда байрам баркулаго, гьезул улбуздехунги ракIбатулеб калам гьабуна ва лъималазе рухIияб тарбия кьеялъулъ ва дандчIварал захIмалъаби тIуразе квербакъизе хIадурал ругин руччабазул динияб жамгIияб гIуцIиян абуна:

 

«МухIамад аварагас (с.гI.в.) абуна: «Эбел-инсуца лъималазе кьолеб бищунго лъикIаб ирслъун тарбия ккола», — ян. Аллагьас къуват кьеги нужее бихьараб къварилъи хIехьезеги лъималазе тарбия кьезеги».

 

Хасайбат Валиевалъги гьитIичазда байрам баркана ва бицана: «Гъарачаево-Черкесия республикаялда вугев ДРялъул вакилас лъазабуна Дагъистаналдаса СВОялъул гIахьалчагIазул лъимал (20) къабул гьаризе ругин, рехсараб республикаялъул хIухьбахъиялъулал ва сахлъи щула гьабиялъул лагеразда. Нилъер республикаялъин абуни, къабул гьаризе руго Гъарачаево-Черкесиялдаса лъимал».

 

Лъимал цIуниялъул къоялде тIобитIараб байрамалда рихьизаруна кIаз (хIижаб) чIвазе ва гIараб хIарпаз берцинго хъазе малъулел мастер-классал. «Муслимат» ДРООЖалда цебе рагьараб «Аманат» лъай кьеялъул централда цIалулел лъималаз рекIехъе цIалана Къуръаналдаса аятал, рикIкIана кучIдул, бицана исламалъул хIакъалъулъ. ГьитIичазда гьоркьоб диниял асалаби лъаялъул ва бицанкIабазул фикторинаги тIобитIана. ТIагIамаб квенги сайгъаталги кьун рохизаруна СВОялъул гIахьалчагIазул лъималги.