Гьве: инсанасул гьудулищ яги…

Нилъеда кидаго бицунеб рагIула гьве инсанасул гьудул кколин абун. Руго гIезегIан лъугьа-бахъинал ункъхIатIилаб гьалмагъалъ гIадамал хвасар гьарураб, гьезие лъикIлъиялъе батараб. Амма гьединаб хIужа жеги бихьичIо ва рагIичIо Каспийскиялдагун МахIачхъала шагьаразда. Гьелъул гIаксалда, гьениб лъимада хIанчIана, доба гIадамазде бортанаян гIемер хъвала. Хасго ниж ругеб рахъалда, Каспийскиялда, руго цIакъго квешал, хIинкъи бугел гьаби. Чанго нухалда гьаби кколел чагIазухъе, участковиязухъе кIалъаниги, къоялдаса къоялде цIикIкIун гурони, дагьлъулел гьечIо гьел. РогьинегIан хIапдола, толаро рахIаталда хIухьбахъи гьабизе.

 

Риидалил заманалда къватIахъ лъималазулги чIахIиязулги къадар цIикIкIуна. Хасго цIикIкIун руго гьабсагIаталда нилъехъе рачIарал гьалбал-туристал. Гьезиеги ракI гIодобе биччараб хIал гьечIо гьеб рахъалде балагьани.

 

Цо къоялъ радалго ралъдахъе унел рукIана. Гали бахъа-бахъаралъуб букIана гьабзазул къапила. Нилъеде бортулеб гьечIониги, гьеб бихьарабго ракI хIинкъичIого хутIуларо. ХIинкъарав чиясде бортулин абулелъул гьве, «къвакIун» цересан ине ккола.

Щибаб къоялъ къватIире рахъине бокьаниги, гьеб къоялдаса хадур, цадахъ чи гьечIого, нижго ралъдахъеги паркалдеги ине хIинкъула. Жалго жидедаго чIун расандулел, гьаниредоре рортанхъулел рукIарал гIечIого, хаду-хадур рачIунги рахIат толаро гьез хIухьбахъулезе. Гьедин, дидаго нахъа рахчарулаго лъималгун, киндай гьабзаздаса цIунилел гьелилан ургъалида ана нижер радакь мех.

 

Гьаб буго велосипедалгун лъимал къватIир, улбул хIалтIудаги рокъорги рукIунеб заман. Гьединлъидалги цIикIкIуна улбузул ургъел. Киндай къватIире арал лъимал тIадруссун рачIинелин рукIуна гьел.
Гьойдул хIапи бахъанщинахъе гордухъе екерула дунгоги, лъималазде бортулеб бугищали бихьизе. Сонги гьедин гордухъе яккидал, лъималазул ахIи-хIур рагIана. Велосипедалда рекIун йикIарай мадугьалалъул ясалда хIанчIун буго гьойца. АхIана хехаб кумекги, гьабуна гьелъие кколеб хъулухъги, амма хаду-хадубги чандай гьединал лъугьабахъинал ккела?

 

Сонисеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб дидаго ракIалде ккана гьединаб «гьалмагъ» букIиналдаса букIинчIого лъикIилан абун. Яги гьел «гьалмагъзабаздасан» гIадамазе хIинкъи гьечIеб хIал гьабизе бокьилаан.