Хъизамалъул гъасда бакараб цIадухъ

Щибаб росулъ руго жидер хIакъалъулъ хъвазе мустахIикъал гIемерал хъизамал. Жакъа дие бокьун буго дирго росдал хъизамазе сайгъат гьабизе гьаб гьитIинабго макъала. Гьел хъизамазул хIакъалъулъ хъваялъе гIиллаги буго гьел гIемерлъималазулаб букIин.

 

 

Хъизамалъул гъасда — талихIал расеналлъун

ГIабдурахIман Маккашарипов ва ПатIимат МухIамадова. ЛъикIаб тарбия кьун, гIадатиял рос-лъадуца гIезабуна анлъго лъимер — лъабго васги лъабго ясги.

ПатIимат ккола дир классцояй. Школалда цIалулеб заманалдаса нахъего букIана гьелъул гIодобе биччараб гIамал. Нижеда цадахъ гъалмагъирги гьабулароан гьелъ. Гьикъаралъе жавабги кьун, иш тун йикIунаан. ПатIимат жийгоги ккола лъимал гIемераб хъизамалдаса яс. Лъабго ясги ункъо васги рукIана гьезул

ПатIиматил рос ГIабдурахIманги ккола лъимал гIемераб хъизамалдаса – щуго вас вукIана гьезулги. Гьединлъидал гьезие захIматго букIун батилищха гIемерал лъималазе тарбия кьей.

 

 

ГIумруялъул чанги захIмалъабиги хIехьезе ккана ПатIиматица. Амма лъиданиги хIал лъазеги течIо. ГIурабго заманалъ росдал почтальонлъунги хIалтIана ПатIимат.

Гьезул киналго лъималги рукIана дир цIалдохъаби. Бищун го гьитIинай Асиятил кIудияб махщел буго суратал рахъизе. ХIалтIулей йикIана росдал яслиахалда. Росу рагIалда бугеб гьеб къватIисан къачIан берцин гьабун буго Асиятил суратаз. Ясазул кIудияй, Мадина, цIалулей йиго Кисловодскиялъул медколледжалда. Хадусей яс Наидалги лъугIана гьебго колледж, хIалтIулейги йиго гьебго шагьаралда. Гьоркьохъев вас МухIамад ккола росдал магIишаталъул хIалтIухъан. Гьесги гIуцIана жиндирго хъизан. СВОялъул гIахьалчи, кIудияв вас ХIажимурадил бергьенлъабазулги шапакъатазулги хIакъалъулъ чанги бицана Россиялъул телевидениялдасанги. Гьев мустахIикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе ва «За воинскую доблесть» медалалъе.

 

ГьитIинав вац Сайгидги ккола СВОялъул гIахьалчи. Гьевги мустахIикълъана Суворовасул медалалъе. ГьабсагIаталдаги кIиявго вац вуго ватIаналъул парахалъиялъул хъаравуллъуда. ПатIиматиеги дагьаб цебегIан Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовас кьуна Амет-Хан Султанил цIаралда бугеб медаль. Росулъе щведал, ПатIиматихъе цо-цо яккула дун. Ва гьезул рукъалде аскIое щолелъул, азбаралда бугеб гара-чIвариялъ дагьайго лъалхъизаюла. Гьале доб гIемерал лъимал ругеб хъизамалда букIунеб гIадатияб гуреб талихI — анлъабго лъимерги, жеги тIаде васасул хъизанги, гьез сверун ккурал талихIал эбел-эменги. ТIокIабги берцинаб сурат бугебдай дунялалда! Хъизамалъул гъасда талихIал расеналлъун ругел умумулги лъималги – гьеле доб хъизамалда бижулеб рокьул байбихьи.

 

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА