Новость на родном

Бицунеб рагӀана, рокъобе газ бачиналъе ва газалъул къайи босиялъе ми- скинал хъизамазе ва инвалидазе гӀарцулаб кумек гьабулеб бугилан. Гьелъул хӀакъалъулъ мухӀканаб баян кьуни, бокьилаан

Газеталде гIемерал кагътал рачIуна жидерго суалалагун. Гьединаб суал буго Шамхал поселокалдаса МухIамадов ГIисаца бачIун. «Бицунеб рагӀана, рокъобе газ бачиналъе ва газалъул къайи босиялъе мискинал хъизамазе ва инвалидазе гӀарцулаб кумек гьабулеб бугилан. Гьелъул хӀакъалъулъ мухӀканаб баян кьуни, бокьилаан». Гьадинаб жаваб кьуна гьеб суалалда хурхун Газпром газораспределитель МахӀачхъалаялъул» клиентазулаб централъул консультант Расулова Жа- миляца: – Социалияб газификация...

Новость на родном

Дагъистан ва Белгород: гIагараб ракь цIуниялъул хIалбихьи

Исана январалдаса байбихьун, Белгород областалда, гьелъул губернатор В. Гладковасул жигаралдалъун, Украинаялъул нацистаздаса гIагараб ракь цIунизе гIуцIулел руго ополчениялъул къокъаби. Жидеего бокьун ватIан цIунизе хIадурал гIолохъаби данделъун, кIвараб хIаракат бахъулеб буго гьез тушбабазул гъарачагIи Украинаялдасан областалдехун рачIин гьукъизе ва гьезие мустахIикъаб жаваб гьабизе. Жакъа гьенир гIахьаллъулел руго ополченцазул 8 батальон.   Абизе ккола, цIияб тарихалда Россиялъул...

Новость на родном

Инсанасул хъантӀи

14 августалда, къаси анцIго тIубазе 20 минут хутIараб гIадаб заманалда, «Астрахань-МахӀачхъала» шагьранухда, ЦӀияб Кули росдада гӀагарлъухъ бугеб техстанциялда цIа рекIана. Гьелъул тIираби щвана гьелда аскIобго букIараб складалде. Гьенибин абуни букIун буго чанго анцI-анцI тонна амиачнияб силитраялъул, ай удобрениялъул. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб бичулеб букIун буго теплицабазул хважаинзабазе. Селитра кьвагьана ва цIа рекIана шагьранух бахун цояб...

Новость на родном

Жакъасеб къоялъухъ балагьун къимат кьезе бегьуларо цебесеб тарихалъе

Ахирал соназ гIемер бицунеб буго XIX гIасруялда Кавказалъул магIарулаз эркенлъиялъе ва чияда рачIолъиялъе гIоло гьабулеб букIараб къеркьеялъул, имам Шамилил, Имамат пачалихъалъул хIакъалъулъ. Тарих лъаларезги, лъалин чIаразги, гIелмиял цIарал ругезул цо-цоязги хIаракат бахъулеб буго хIакъикъаталдаса батIияб «къимат» кьезе халкъияб къеркьеялъе. БичIчIизе ккола, жакъасеб къоялда рекъон къимат кьезе бегьулареблъи цебесеб тарихалъе. Нилъер тарих балъаргъине лъугьарал цо-цо «гьалмагъзабаз»...

Новость на родном

ВатIан-ВатIанилан ахIарабила хIанчIицаги

Туризм — Дагъистаналда Туризм буго гьабсагIаталда Да-гъистаналда бищунго бицунеб, цебетIезабулеб бугеб экономикаялъул бутIа. Номералдаса номералде хъвалебги бицунебги бугониги, гьеб буго гьабсагIаталда бищунго кIвар кьолеб тема. ЛъагIалил байбихьудаго бицунеб букIараб куцалда, цересел соназде дандеккун исана Дагъистаналде рачIунел туристазул къадарги цIикIкIана, жеги цIикIкIунебги буго. 2023 соналъул январь-июнь моцIазда Дагъистаналде вачIун вуго 745 азарго турист. Араб соналде дандеккун,...

Новость на родном

РакIхвеялъги жахIдаялъги унтизавула инсан

Цебего бицунеб рагIун букIана хурдузул «мацIги лъалей», щивав унтарасул хасияталда рекъараб дарманги тIаса бищун бажарулей фитотерапевтлъун рикIкIуней Гъуниб районалъул Хьиндахъ росулъа Марям МуртузагIалиевалъул хIакъалъулъ. Онкологиял унтаби сах гьариялъулъ хурдул хIалтIизариялъул хIакъалъулъ докладгун гьей цее яхъана фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосел съездазда. Жиндирго ригьалъухъ балагьичIого гьей цIалана РУДНалъул фитотерапиялъул курсаздаги. 70 сонил ригьалде яхарай, гIажаибай магIарулалъул гIумруялъулъ халкъияб...

Новость на родном

ГIагараб ракьалъухъ гIищкъу бергьарав

«ХIакъикъат» газеталъул 28-абилеб номералда бахъараб МухIамад ГIабдулхабировасул хIакъалъулъ хъвараб макъала батидал, дидаги ракIалде ккана гьесул хIакъалъулъ дирго пикраби загьир гьаризе. ГIурабго заман буго дир гьесулгун лъай-хъвай ккаралдаса. Ва щибаб дандчIваялъ дие рагьула цIи-цIияв ГIабдулхабиров. Москваялда гIумру гьабун вугев тохтур, ЦIумада районалъул Гъоркьа Гьаквариса МухIамад ГIабдулхабиров лъаларев чи ватиларо Дагъистаналда. Лъала гьев, тохтур хIисабалда гуревги, лъикIав...

Новость на родном

«ВатIаналда буго дир ракI»

Европаялда бищун кIудияблъун рикIкIунеб, 12-13 миллионгIанасев чияс гIумру гьабулеб ва ахирал соназда кутакалда цебетIолеб бугеб Москва шагьаралда, цо-цо баяназда рекъон, гIумру гьабун вуго 100 азаргогIанасев дагъистанияв. Гьезда гьоркьор руго политикалгун хъулухъчагIи, машгьурал гIалимзабигун спортсменал, бизнесчагIи, студентал ва цогидалги. Гьезул гIемерисел ккола берцинго тIадаб ишги тIубан, лъикIаб цIарги бортизе течIого, къадруги цIунун ругел гIадамал. Гьединазул цояв...

Новость на родном

ГӀалим, шагӀир ва жамгӀияв хӀаракатчи

Риидалил къоялъ хӀалтӀуде машгъуллъун рукIарал ниж тӀуркӀизаруна циндаго бахъараб телефоналъул зваргъиялъ. Гьенисан инсуца бицана МухӀамадрасул-хӀажи къадаралде щун вугин абун. Нухда къаде какалги ран, къалъудаса нахъе щвана ниж Муцалаулалде. Гьеб мехалда, хваравги вукъун, гӀадамал нахъе рачӀунел ратана. Хабалазда сверухъ ва аскӀор ругел къватӀазда машина лъезецин бакӀ букӀинчӀо. Кинабго жо дагьаб гӀодобе биччараб заманалда ана ниж хварасул...

Новость на родном

Буртунаялде Граббел сапар

Тарихалда гIемерал лъугьа-бахъиназул нугIлъун буго Казбек районалъул Буртунай росу. Гьединлъидал бокьун буго Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь ватIаналъул эркенлъиялъе гIоло гьабураб Кавказалъул рагъул заманалда гьеб росдал ракьалда ккарал цо-цо ишазул бицине. ГIемерал соназ унеб букIана рагъ. Бихьулеб букIинчIо гьелъул ахир. Кавказалъул сардарлъун тарав щивас рагIи кьолеб букIана Шамилил хIаракат къинабизе. Гьелъие харж гьабулеб букIана гIемераб гIарац,...