73 сон байдалги рехун течIо цIали

Исана 50 сон тӀубала ЦӀунтӀа районалъул ВицӀиялъ росулъа Нажмудинов ХӀажица школалда хӀалтӀизе байбихьаралдаса ва хъизам гьабуралдаса. ХӀажи Нажмудинов гьавуна 1949 соналда, Грузия ССРалъул Лагодехи росулъ. Гьес анкьго сон бараб мехалда эбел-эмен гочана ВицӀиялъ росулъе. ХӀажил эмен Нажмудин вукӀана ЦӀунтӀа районалдаго машгьурав зурмихъан. Эбел Аминат кколаан Шагьикь росулъа. Гьей 10 соналъ хӀалтӀана росдал советалъул председательлъун. Гьелъул жавабчилъиялда гъоркь рукӀана ВицӀиялъ, Элбокъ ва Хупри росабазул жамагӀатал. Нажмудиницаги Аминатицаги гӀезабуна анлъго лъимер: лъабго васги лъабго ясги. Гьезулги ва гьезул лъималазулги гьабсагӀаталда буго 50 лъимер.

 

Байбихьул школаги росулъ лъугӀизабун, ХӀажи цӀалана КӀилъартӀа росдал школалда. Гьениб микьго класс лъугӀидал, цӀализе лъугьана Буйнакскиялъул педучилищеялде. 1968-1970-абилел соназда ХӀажица тӀубазабуна рагъулаб хъулухъ. Гьев ккана Хабаровск шагьаралде, Дальний Востокалъул рагъулаб округалде. 1971 соналда, рагъулаб хъулухъалдаса рокъове тӀадвуссун хадув, ХӀажи хӀалтӀизе лъугьана гӀагараб росдал школалда учительлъун. ХӀалтӀулаго, гьев цӀалана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталда  географиялъулаб факультеталда. Учительлъун хӀалтӀарал ХӀажил сонал кӀийиде рикьизе бегьула: 25 соналъ гьев вукӀана байбихьул школалда учительлъун ва 25 соналъ чӀахӀиял классазда. Пединституталдаса хадув гьев цӀалана Свердловск шагьаралда – областалъулаб культпросветучилищеялда. Гьениб щвана библиотекарасул махщел. ГӀумрудул 73 сон барав гьев гъоркьиса цӀализе лъугьана МахӀачхъалаялъул культпросветучилищеялде. «Щай дуе гьеб цӀали гьанже, рокъовги чӀун, чӀумал сверизе заман щвараб мехалда?» — ян гьикъидал, ХӀажица гьадин абуна: «Бокьула дие цӀалдезе.

 

ЦӀияб жо лъани, зарал букӀунаро. ГӀолилазда гьоркьов вугев дида дун- гоги гӀолохъанчиян ккола», — ян. ХӀажил, хӀакъикъаталдаги, буго цӀияб жо лъазе гъира. Гуребани, кин гьесухъа бажаризе букӀараб гӀемерал соназ районалъул газеталъ- ул мухбирлъун хӀалтӀизеги? Гьесул чӀагоял, районалда гӀумру гьабулел гӀадамазул гӀумруги масъалабиги це- релъолел макъалаби гӀемер рахъана «Дидойские вести» абураб ЦӀунтӀа районалъул газеталда. Гьездаса бичӀчӀула ХӀажица гӀемерал сапарал гьарураблъи – районалъул батӀибатӀиял росабалъеги, гӀатӀиракьалда гӀумру гьабулел ракьцоязухъеги, пуланаб махщалие гӀумру кьурал цӀунтӀадерихъеги, паралимпиялъул гӀахьалчагӀазухъеги. Хъвадарана ХӀажи «ХӀакъикъаталдеги». Редакциялда ккана дирги гьесулги тӀоцебесеб дандчӀвай. Амма ниж цоцада церего лъалел рукӀун руго. Дун школалда цӀалулеб заманалда гьев гӀемер щолаан нижехъе гьоболлъухъ – инсул гьудул вукӀун. Дида церего кӀочон тарал ва дир лъимерлъиялда ккарал лъугьабахъиналцин ракӀалде щвезаруна гьес.

 

ТӀаде балагьун ракӀалде ккола, щибго захӀмалъи гьечӀеб гӀумру букӀун бугин Нажмудиновасулин абун. Амма хӀакъикъат батӀияб буго. 1972 соналда ХӀибиялъ росулъа Зайнабги ячун, хъизан гьабуна ХӀажица. Гьаруна лъимал, амма аварияги ккун, гӀумруялдаса ватӀалъана ХӀажил васазул цояв. Гьесул къварилъи баччизе кӀоларого рукӀарал ХӀажидеги Зайнабидеги рещтӀана цоги балагь: авариялде ккана кӀиабилев васги. Аллагьасул хӀалкӀолъиялъ чӀаго хутӀана гьев. Амма мугъзал гьодги бекун, вахъине кӀолареб хӀалалде ккана. Щибаб соналда кӀицӀул вачӀуна ХӀажи васги вачун, республикаялъул больницабазде. Ахирисеб нухалда редакциялде вачӀарав ХӀажил бадиб канлъи свараб гӀадаб хӀал халлъана дида. «Пайда щибха, васги вачун гьаниве хьвадиялъул. Вахъинаро гьев тӀокӀалъ тӀаде…», — ян пашманго абуна гьес, васасул хӀал цӀехедал. Щивав чияс ракьалда тола лъалкӀ: цояз – квешлъиялъул цӀар тӀибитӀизабун, цогидаз – сверухъ ругезе гьабураб лъикӀлъиялдалъун. ВицӀиялъа ХӀажица лъикӀаб лъалкӀ толеб букӀиналда кинабгӀаги щаклъи гьечӀо. Бокьун буго, ХӀажида гьеб кӀиябго «меседил» байрамги баркулаго, гьесиеги хъизаналъеги гьаризе халатаб гӀумруги БетӀергьанас кьураб къадаралда разилъиги, сабруги.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА