«Каспиялъ» ахIулел руго

Северияб Кавказалъул «Каспий-2023» гIолилазул форум тIобитIизе буго 16-21 сентябралда. Гьедин бицана 27 июналда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб прессконференциялда ДРялъул гIолилазул ишазул рахъалъ министр Камил СагIидовас. «Исанасеб форум тIобитIизе буго Избербашалда, «Прибой» турбазаялда. Гьелда гIахьаллъизе вуго 500 чи. ЦIикIкIине буго грантазул конкурсалъе бихьизабураб гIарцул къадарги. Ахираб кIиго соналъ форумалде гIамм гьабун 12 миллион гъурущ биччан букIун батани, исана 9 миллион гъурущ биччазе хIукму гьабуна. Форумалъул программаялъулъги рукIине руго хиса-басиял. Масала, цебе гьеб цохIо лъай кьеялъул форум букIун батани, исана букIине буго лъайгун тарбия кьеялъул форумлъун. Жакъа нилъеда цебечIараб масъала бугелъулха гIолеб гIелалъе рухIияб тарбия кьей», — ан бицана К. СагIидовас. Пресс-конферанциялда гIахьаллъана «Каспий» форумалъул жамгIияв директор ГIиса Рамазановги. Гьес бицана нилъеда бихьулеб бугин «Движение первых» абураб ТIолгороссиялъул гIолилазул ва школлъималазул гIуцIиялъул бугеб цебетIей. Гьединлъидал исана форумалда гIахьаллъизе рес бугин 14-18 сон барал гIолилазулги. Гьезие хIадурараб хасаб программаги букIине буго. Форумалда гIахьаллъизе бокьараз гIарзал ритIизе бегьула Росмолодежалъул сайталде, 30 июлалде щвезегIан.