Шепсиялда бакараб гьудуллъиялъул цIадухъ

 

Март моцIалда «Бищун лъикIав рахьдал мацIалъул мугIалим — 2023» абураб республикаялъул къецалда бергьиндал, дие кьун букIана ТIолгороссиялъул профсоюзалъул тренинг-лагералде путевка. Гъоркьиса гьениве ун вукIарав Рамазан ГъазимухIамадовас бицун букIана кутакалда лъикIаб хIухьбахъи кканин гьениб абун.

Дидаго цадахъ гьенир рукIана республикаялъул «ЛъагIалил учитель — 2023» конкурсалда бергьарав Алексей Шаулов, «ЛъагIалил тарбиячи — 2023» конкурсалда чIел босарай Виолетта Акаева, «Бищун лъикIав гIолохъанав учитель» конкурсалъул призер Тамерлан Таибов, МахIачхъала шагьаралъул №15 школалъул завуч Виктория Письменская, №27 байбихьул школа-ясли-ахалъул завуч Эльдар Эмирбеков, Дербент районалъул Геджух ясли-ахалъул хIалтIухъаби Зугьраханум Ходжаева ва Саният Къурбанова.

Тренинг-лагералде ракIарун рукIана тIолабго Россиялдасаго мугIалимзабиги тарбиячагIиги. Гьезул гIемерисез исана хасалихъе гIахьаллъи гьабизе буго профессионалиял къецазул финалияб, ай федералияб бутIаялда.

Гьелда цIарги букIана «Профессионально готовим к победам» абураб. ТIолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул квербакъиялдалъун 10 къоялъ халатбахъараб гьеб тадбир тIобитIана исана ичIабилеб нухалда. Гьеб кинабго гIуцIула ва нухда бачуна ТIолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул жамгIиял бухьеназул департаменталъул нухмалъулей Елена Елшиналъ. Лагералде ячIун йикIана ТIолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул нухмалъулей Галина Меркуловаги.

Салам, Краснодар!

Рокъоса къватIиве вахъунелъул, «10 къо гIемер букIинаребдай?» абураб пикру ххенолеб букIана ботIролъ. ПалхIасил, халатаб нухги нахъа тун, ниж щвана Кубаналъул ракьалде. Автобусалъул гордухъан рихьулел рукIана рагIа-ракьан бихьуларел хурзал. РакI хIайран гьабулеб букIана батIи-батIиял кьеразул «халичаби тIад тIамурал» ролъул, бакъдебуссалъул, цIоросаролъул хурзабазухъ балагьидал.

Берцинаб тIабигIаталъул асаралда гъоркь, ахир-къадги ниж щвана Краснодар краялъул Туапсе районалъул Шепси росулъе. ГIемер кIудияб гьечIеб росу буго гьеб. Аслияб къагIидаялъ гьенир руго хIухьбахъиялъул бакIал, лагерал, пансионатал. ГIемераб халкъ бугоан гьенибе хIухьбахъи гьабизе бачIун. КъватIиб лагьун букIаниги, цIакъ бацIцIадаб гьаваги букIана гьениб. Аслияб бечелъи – ЧIегIераб ралъдал рагIалда букIин.

Щакъидул кьераб

«Лада-Седан»

Къасиялде ниж киналго данделъана «Маяк» пансионаталъул залалда. Гьенир ниж анкьго къокъаялде рикьана. Щибаб къокъаялъул букIана жидерго кьерги. Дунги, цадахъ рукIарал Тамерлан Таибовги Виолетта Акаеваги ккана щакъидул кьераб къокъаялде. ХутIарал дагъистаниял – тIогьилаб кьералъул къокъаялде.

Данделъи лъугIун хадуб, къокъаби данделъана лъай-хъвай гьабизе. Нижер къокъаялда рукIана Моск-ваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, ХМАОялдаса, Тулаялдаса, Белгородалдаса, Чачан республикаялдаса вакилзаби.

ЦохIо лъай борхизаби ва хIухьбахъи гьабиги гуребги, лагералда ругебгIан заманаялъ къокъабаз хIадуризе ккола жидерго хIакъалъулъ бицунеб гьитIинабго церерахъин, гIахьаллъи гьабизе кколаан кьурдул ва гитараги хъван цIадухъ ахIулел кучIдузул конкурсазда. Цинги, тренинг-лагералъул ахирисеб къоялъ, гIадатлъун лъугьухъе тIобитIула «Золотая ракушка» абураб театралияб фестиваль. Гьелде тIадеги, щибаб къоялъ лагералда цо-цо командаялъ дежурствоги гьабизе кколаан. Гьез тIубараб къоялда жаниб цогидал къокъабазе чанго тадбир тIобитIизе ккола.

ПалхIасил, нижер пикру ккана къокъаялда машгьураб «Лада-Седан» абураб цIар лъезе. Гьениб нижер щивас бицана жидерго ракьалъул хIакъалъулъ. Дагъистанияз ва чачаназ бихьизабуна миллияб кьурди ва киналго къокъацоял кагътил «Ладаялдаги» рекIун «свери бахъизе» рачана.

КIиабилеб къоялдаса нахъе, къалъудаса хадуб байбихьана дарсаздеги. Нижее лекциял цIализе, мастер-классал рихьизаризе рачIун рукIана батIи-батIиял соназ ТIолгороссиялъул «ЛъагIалил учитель», «ЛъагIалил тарбиячи» къецалда чIел босарал учительзаби ва тарбиячагIи, гIалимзаби, методистал. Гьезда гьоркьор рукIана Раис Загидуллин, Мария Ахапкина, Дмитрий Лутовинов, Анастасия Шлемко ва гь.ц.

Лекциял цIалун гурониги, гьез гъира бугезе тIоритIана индивидуалиял консультациялги. ЦIакъ гIемерал ва пайдаял баяналгун лъай щвана киназего гьел спикераздаса. Конкурсазде хIадурлъиялъе щулияб кьучI лъунин абизе бегьула гьел къоязда жаниб. Хадубккунги жамгIиял гьиназдасанги нужее кIвараб кумек гьабилин рагIи кьуна гьез.

Лагералда Кавказалъул къоял

ТIоцебесеб къоялъго, лъай-хъвай гьабулелъул гIадат-гIамалалъул хIа-къалъулъ суалал кьолел рукIана гьел. Цо къоялъ Чачаналдаса Мадина Минтаяевалъ тIаде босун букIана радал зарядка гьабизе. Гьелъ гьеб бихьизабуна миллияб кьурдул хаслъабаздалъун. Гьенирго гьелъ киналго къокъацоял ахIана къасиялде аскIоб бугеб кафеялде гьангун хинкIал кваназеги. Гьениб гьелъ бицана гьел гьариялъул ва цогидалги жидерго гIадатазул хIакъалъулъ, бихьизабуна миллияб кьурди. ГIурусазулги гъира ккана лезгинка кьурдизе ва гор-свериги гьабун чанго свери бахъана гьезги нижеда цадахъ.

Гьениб цояз гьикъана нужеда гъорлъ Расул ХIамзатовасул ракьцоял ругищилан. Дун вугин абидал, рахьдал мацIалда гьесул кучIдул цIалеян тIаделъана киналго. Авар мацIалъул чвахиялъ хIайран гьарурал гьел рихьидал, ракIалде бачIана машгьураб, кьода гъоркь къвакъвадулел къуркъбузул хIакъалъулъ абундач. Пикру ккана гьитIинабго къец лъазабизе: лагералъул ахирисеб къоялъ гьеб абундач цIализе кIваразе дир рахъалъан гьитIинаб сайгъат букIине бугин. ГIемеразе интерес ккана гьелъул. КигIан ралагьаниги, дун тун батIияв магIарулавги лагералдаго ватичIого, батIияб миллаталъул вакилзабазухъеги ун, чангояз хIаракат бахъана гьеб лъазабизе.

Нижеда цадахъ йикIарай Зугьраханум Ходжаевалъги жийго йигеб рукъ гьалбал къабул гьарулеб рукъалде сверизабуна. Гьелъ гьабураб тIагIамаб чай гьекъечIев чи лагералдаго къанагIатги хутIун ватиларо.

ГIицIаб чаялъул жо кколарин, белъун гьангун, хинкIал гьаричIого тIубаларин чIана Зугьраханум. «ЛъагIалил учитель» конкурсалъул жюриялъул гIахьалчагIиги цогидал гъира бугелщиналги ахIун, нижецаги «Маякалъул» столоваялда гьитIинабго сухIмат тIобитIана. Киназего цIакъ бокьана хинкIазде данде хIадурараб ражи.

Лагерь къаялъул тадбиралдаги рачIана гIуцIарухъаби нижеда аскIоре сценаялдеги рахъун лезгинка кьурдизе рахъинарищилан. Нижедаго цадахъ гьенир рукIарал гIемериселги щвана кьурдул гурулъе.

Нижецаги гьел киналго исанасеб Расул ХIамзатовасул юбилеялде ахIана.

Ратана лагералда батIи-батIиял шагьаразда ругел нилъер ракьцоялги. Ниж Дагъистаналдаса рукIин лъайдал, цо гIолохъанчи вачIана нижехъе, жив Астраханалда гIумру гьабун вугев лезгинав вугин. Гьев ватана цадахъ вукIарав Тамерлан Таибовасул росуцояв. Гьединго, цо гIурусай ячIана нижеда аскIое, нужеда гьоркьоса кинавила авар мацIалъул учитель кколевинги абун. Дун кколин абидал, жиндир кIодоэбел магIарулай йикIанин бицана гьелъ.

«Балъгояв гьудулги» Расул ХIамзатовги

Байбихьудаго гIуцIарухъабаз лъазабуна «Балъгояв гьудул» абураб хIай тIобитIизе бугин. Гьеб тIобитIула гьадинаб тартибалда: щивас жиндихъе кьураб кIудияб конверталда тIад хъвала жиндирго цIар ва фамилия, къокъаялъул цIар ва телефоналъул номер. Гьелго баянал тIад хъвараб гьитIинаб конвертги рехула гьелда жанибе. ГIуцIарухъабаз кIудиял конвертал залалъул къадазул ракьандасан цIарал кваразда рала, гьитIинал конвертал журазеги гьарун гIахьалчагIазда гьоркьор рикьула. Цинги, ахирисеб къоялде щвезегIан щивас жиндирго цIияв гьудуласул конверталъур хъвай-хъвагIаял ва гьитIинал сайгъатал лъолел рукIана. Ахирисеб къоялъин абуни гьеб конверталда жаниб лъезе кколаан нилъеего бищун бокьулеб тIехь. Дица дирго гьудуласе кьезе босун букIана гIурус мацIалда Расул ХIамзатовасул «Целую руки матерей» абураб тIехь. Бихьиларедухъ гьениб тIехьги лъун гIодов чIедал, дида халлъана конверталъул бетIергьан гьелде аскIое ячIуней йикIин. Гьениб жаниб Расулил тIехь батидал, гьелъул гьаракь кIанцIана. Цинги, хадув жиндирго «балъгояв гьудул» дун вукIин лъайдал, баркала кьезе ячIана Москваялдаса цIияй гьудул. Расулил тIехь цIализе щвезе анищ букIанин бицана гьелъ. Эбелалъул хIакъалъулъ хъварал кучIдул рукIиналъ цIакъго йоханин абуна гьелъ.

Гьудуллъиялъул цIадухъ

Гьале, ахирисеб къоялъ нахъеги данделъана къокъацоял нижерго гъасда. Гьеб букIана пашманлъиялъул асар гъорлъ бугеб данделъи. Щайин абуни, лъиениги бокьун букIинчIо цIиял гьудулзабигун ратIалъизе. РакIалдещвеялъе цоцазе сайгъаталги гьарун, цоцахъе гьоболлъухъеги ахIун дагь-дагьккун къо-лъикI гьабуна тренинг-лагералъулгунги гьудулзабазулгунги. Хьул буго, Шепсиялда бакараб гьудуллъиялъул цIа щивасул рекIелъ даим бакун хутIилин абураб.

МухIамад Манапов