Рохалилаб къого бихьичIеб гIумру

Рокьула дие ригьалде рахарал кIудиял чагIи. Гьезда бихьана гIумру. Жакъа 70-90 сонил ригьалда ругел гьезда бихьана нилъер пачалихъалъул батIи-батIияб гIуцIи. Баччизе ккана гIезегIан захIматги, хIехьезе ккана гIакъуба-къварилъиги. Гьединазул цояй йиго МахIачхъалаялъул Семендер поселокалда гIумру гьабулей дир якьадалъул яц Муъминат.

Расги бокьичIого цIализаюна

Муъминат ГIумарова гьаюна 1930 соналда Унсоколо районалъул Колоб росулъ. Гьелъ лъугIизабуна росдал школалда ункъо класс. Нилъеца лъимерлъи ракIалде щвезабулеб бугони, тIоцебесеб иргаялда, цебечIола школалда цIалулеб заман. КъанагIат гурони чи ватуларо, гьеб заман талихIаб букIанин абуларев. Амма Муъминатица рокьукъго ракIалде щвезаруна школалда цIаларал сонал. «Анкьго сон барай гIадан йикIана дун школалде ячараб мехалда. Кваранаб гъежги борчIун, унтулеб букIун, квегIаб квералъ хъвадаризе кколаан. Цо талихIалъ, ункъо класс лъугIун хадуб рокъой тана», — ян бицана гьелъ.

Бицана жидер дарсал лъугIидал чIахIиялги цIализарулаанила ликпункталда (пункт ликвидации безграмотности). Гьезиеги расги бокьулароанила дарсазде хьвадизе. Цо кIудияй гIаданалъ (мадугьалалъ) абулаанила, хунго йикIарайани жий гьение хьвадизе ккезегIанин абун. «Аллагьасда рагIун батизе буго гьелъул гьари. Анкь балелде хвана мадугьал», — ан абуна Муъминатица. Школалде букIараб гьединаб рокьукълъи бичIчIизе ккани, нилъеда лъазе ккола доб заманалъул хIакъикъат. Как-диналда рекъон гIумру гьабулеб халкъ ва, диналъул тIалабалги мерхьун, цIияб гIадлу чIезабулеб советияб школаги (масала, ясазул ботIродаса кIазал рахъизе тIами). Кинго рес гьечIо гьеб кIиябго рекъонккезе.

Зулму-хIал бергьана

Муъминатица анкьго сон байдал байбихьана улкаялда репрессиял. Дагъистаналъул диниял гIа-
лимзабазда тIад михир бачараб, щибаб росулъе, щибаб хъизамалде балагь рещтIинабурал сонал. ХъинтIана гьел соназул балагь Урузмагилги ХIажимухIамадилги хъизамалдаги. ЦIаларав чиян абун, вачун туснахъ гьавуна Урузмагил вац, ХIажимухIамадил вацгIал ХIайдарил МухIамад, Муъминатил вацгIал. Гьел хвана туснахъалда ва гьезул хобал ругеб бакIцин лъаларин абун, жакъаги къварилъахъдулей йиго Муъминат. Бечедал чагIиян абунги рачун ана гьелъул тухумалъул бихьинал. Гьедин туснахъалде ккарав росдал дибирлъун вукIарав ХIайдарил МухIамадица кочIохъего хъвараб кагъатги рикIкIана гьелъ дие:

Дирго квералъ гъулбасун, гъурабалда данделъун,

Лъезин письмо почалда, Дагъистан областалде.

КIикъоябго къо ана къарал вагонахъ жанир,

Жидер гьумер бихьичIо, вакъун квен кваначIого…

Гьев туснахъ гьавизе рачIараб мехалда, милициялъул вакилзабаз нуцIида тункарабго, рокъой йикIарай гьесул чIужуялъул гIодиялъул гьаракь борчIун буго. Жинда хадур гьел рачIине ругеблъи лъаниги, рокъовгIаги щайдай дов вукIаравин бицана Муъминатица. «Гьев кквезе рачIараз абулеб букIана, гьададигIан мискинаб рокъоса чи жеги вачине ккечIин жидеца, нужер росдал гIадамазул нахъегIанлъиго щибилан абун. Росуцоязул мацI сабаблъунлъидалха дов туснахъ гьавурав», — ан тIадеги жубана гьелъ.

СанагIат гьечIеб Курчули росу

13-14 сон бан букIана Муъминатица, тIолабго росу Чачаналде гочинабураб мехалда. Росдаде бачIараб балагьлъун рехсана гьелъ гьел къоял. Гочинаризе ругин лъазабун къоял иналде хвана гьелъул эмен. «Колхозалъул бачазда вукIарав эмен вачIана росулъе ва вегараб бакIалда хун ватана», — ян абуна Муъминатица. Гьев вукъун, рокъоса магIирукъ лъугIилалде рахъинаруна росулъа. Щуго лъимергун цадахъ яхъине ккана Урузмагги. ГIемераб къоги бихьун, щвана гьел Курчули росулъе. «ЦIатIанихъ росдал жамагIаталъе щвана лъикIаб ракь – ТIаса Курчули. Ниж рукIана Бакьулъ Курчули. Гъоркь Курчули рукIана иштIал (ИштIибури росдал жамагIат). Бищунго санагIат гьечIеб бакIалде ккана нижги иштIалги. Гьенив гIемер чи хвана – унтун, гьава-бакъ рекъоларого. Хвана нижер имгIалги, инсул яцгIалги, гьелъул ясги. ГIезегIан лъималги хвана. ХIалтIизе байбихьана колхозалда. ЦIоросаролъ бухъулаан. Дояркалъунги хIалтIана. Гьение щведалги дун ячана школалде. Хадуб эбелалъ бихьизабуна росулъ ункъо класс лъугIизабунилан хъвараб кагъат ва дун рокъой тана», — ян бицана Муъминатица.

Гьелъ ракIалде щвезавуна инсул вацгIалги. «Чахъдал чанагъалъухъги балагьун, букIинесеб бицунаан дос. Ниж рукIана ункъо яц – дунги, Сайгибатги, Булбулги, Султанатги. Инсул вацгIалас, чахъдал чанагъалъухъги валагьун, инсуда абун буго, кида-къадги вас гьавизе вугин дуейин абун. Гьавунаха нижее вац ГIумар. Дир яс ПатIиматида гьес абун буго: «Вай дир яс, биххулин нилъер рукъ», — ан абун. Гьале биххана. Цо яц ккана Гумбет районалъул Кунзахъе, цояй – ХъахIабросулъе. Лъимал рикь-рикьана бакI-бакIазде. Дунги, харадуний яхъун, МахIачхъалаялда хутIана», — ян бицана гьелъ.

Чачаналъа тIадруссарал Колоб росдал гIадамаз цIидасан гIуцIизе ккана 13 соналъ рехун тун букIараб магIишат. Нахъеги хIалтIизе ккана колхозалда. Рецаризе унаан, боцIи хьихьулаан. Амма букIинчIо гьеб магIишаталдаса рохизе бакI – гIемерисеб бачIин кьезе кколаан пачалихъалъе. Бугониги, гьекъезе лъимгIаги лъикIаб бугин гьанибиланги абун, Урузмаг Колойго чIана. Цо-цоял Чачаналде тIадруссана, цоял чIана Хасавюрт районалъул ракьалда. Эбелги яцал-вацги росулъе тIадруссун хадуб, Муъминат цIидасан ана Курчулие. Гьений йикIана имгIаласул чIужу – росги лъабго васги хун хутIарай гьей хьихьизе ана гIолохъанай Муи. «Хварал васазда хадуй угьдилей имгIаласул чIужуги тун йикIине кIвечIо дида. Метер къиямасеб къоялъ дол щай рехун таралин гьикъани, дица кинаб жаваб кьелеб? Гьеб суалалда тIад ургъулаго, ракIалде ккана гьелда аскIой чIезе. Гьелъул мадугьалги вукIана цIакъ санагIат бахъарав чи. КIиязулго гIорхъода букIана жибго бижараб гъветI. Гьелда тIад кокон бижараб мехалда, гъветI жиндир бугилан чIана гьев», — ан бицана М. ГIумаровалъ.

ТалихIаб къого бихьичIо

Чачаналда йикIарай гьей росасе кьуна 24 сон бараб мехалда. «Гьеб мехалдаги расги хIажат букIинчIо дие росасе ине. Кьунаха. ТIаса вичIичIо Сайпулагь. Бох унтарав чи вукIана гьев. Рохьове, мегIер-гIалахалде вахъине кIолев чи вукIинчIо. Дунго хьвадизе ккана ГIарахъ магIардеги, гIачияздеги, бачаздеги. Аллагьасул кумекалдалъун, хьихьана хъизамги», — ян бицана Муъминат-адаца.

Гьелъул букIана микьго лъимер. Лъабгояб хвана гьитIинго. Ункъабилеб лъимер – цохIо вугев вас ГIумар – хвана хъизам гьабун хадуб. Гьев хIалтIулев вукIана МахIачхъалаялда, Бизнесалъулгун нухмалъиялъул институталда преподавательлъун. ЦIияб сон тIаде щолеб заманалда гьес Москваялда цIунана экономикиял гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. ТIаде щолеб букIана кIалбиччанкъо. КIудияб сордоялъ васги гьавуна гьесие. Гьесул рохелалъе гIорхъи букIинчIо. Лъидаха лъалеб букIараб Аллагьас кьураб гIумрудул ахирисел къоял гьел ругеблъи. Нухда къварилъиги ккун, къадаралде щвана ГIумар. ТIун ана эбелалъул рекIел чIчIва, ва гьелдаса нахъе дунялалъул нурго свана Муъминатие.

Бихьулеб гьечIо гьелда канлъи жакъаги, хъахIлъи-бецIлъи батIабахъизе гурони. Амма гьеб сабаблъун кинабгIаги зигардиги букIунаро гьелъул. «Как базеги кIола, унтараб бакIги гьечIо, гIибадаталъе ресги кьун буго Аллагьас. ТIокIаб щиб хIажат бугеб дие?» — ян абула гьелъ. Дур гIумруялда жаниб бищунго лъикIаб, талихIаб заман кида букIарабин гьикъидал, киданиги букIинчIилан жаваб кьуна гьелъ. «ГIемерал хвелал рихьана, къварилъи баччизе ккана, захIмалъи хIехьана. Кинаб талихI букIунеб?» — ян тIадеги жубана.

Кутакалда лъикIаб, ругьел базе санагIатаб алатлъун гьелъ рехсана гьанже заманалъул телефон. «Бугеб цIакъаб жо! Кир ругониги, аскIор гIадин рихьизарула цоцазда, хвел кканиги, ригьин гьабуниги, ккара-тараб хехго рагIизабула», — янги абун, гьадинал мухъал рикIкIана Муъминат-адаца:

Дуниял ахирлъанила,

Ахират гIагарлъанила,

ГIаламатал тIатанила,

Низаматал хисанила.

Дида лъалелдаса нахъе Муъминат-ада йикIуна Аллагьасе гIибадаталда. Чамалиго соналъ, къо гьоркьоб биччачIого, кIал ккола гьелъ. Дун ячIараб къоялъги гьей кIалги ккун йигоан. Якъван тIагIуней эбелалъухъ балагьун, магIу бацIцIуней йиго гьелъул яс Сундусги. Боголил как бан гурони кваналаро эбелилан бицана гьелъ. Дица Муъминат-адада абуна, Аллагьасе гIибадаталъе къуватги къваригIунелъул, кваназе ккелахаян. «Якъани, кванала. Квачани, тIаде юргъан бачина. ЯгIарун йигони, щиб гьабилеб? Нолъ кIал биччазе нису-нах кьуна дие ясалъ. Гьеб букIана дун гIорцIизе гIураб жо. ЦIакъго гIемер кванани, Аллагьасе гьабулеб гIибадаталъе жагъаллъи ккола. Къойил бачуна дица зикру. Кваналаго заман бани, чанго минут гьоркьоб инарищ дир», — ан жаваб кьуна гьелъ.

Ункъо классалъул гурони лъай гьечIониги, Муъминат-адада рекIехъе лъала гIемерал назмаби. Диргун харбида йикIагоги рикIкIана гьелъ АхIулгохIалъул руччабазде гьабураб кочIолъа гьадинал мухъал:

Ва гохIил руччаби, хIурулгIинзаби,

Ракъун гьечIищали, квен кваналарищ?

Ва гохIил руччаби, хIурулгIинзаби,

Къечон гьечIищали, лъим гьекъеларищ?

Ракъунилан абун, квенищха кунеб,

Бидул кесек босун кваналеб къоялъ.

Къечонилан абун, лъим кин гьекъолеб,

Лъобаса гIебеде бигун чвахулеб…

ГIемер гIакъуба-захIмат къул-чIараб кIудияб гIел дагь-дагьккун лъугIулеб буго. Гьез цадахъ унеб буго ва абадиялъго балъго хутIулеб буго халкъалъул тарих. Рес буго, жакъа чIаго ругездаги цIехон, гьезул гIумруялда ккарал кIвар бугел хIужаби къалмиде росизе. Бокьилаан цIалдолезги гьелъул хIисаб гьабуни.

Кавсарат Сулейманова