ХIалтIи гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб махщел

 

Исана 30 сон тӀубала МахӀачхъалаялда Урологиялъул республикаялъулаб центр рагьаралдаса. Жакъа гьенив хӀалтӀулев вуго 176 чи, гьезда гьоркьоса – 36 тохтур ва 66 медсестра. Гьениб буго 100 унтарав вегизе бакӀги. Централъе нухмалъи гьабулеб буго Дибирдада ХIажиевас.

Баян:

1971 соналда Дибирдада ХӀажиевас лъугӀизабуна Буйнакскиялъул медучилище. Хадуб тӀубазабуна рагъулаб хъулухъ – вукӀана медикиябгун санитарияб батальоналъул фельдшерлъун.

1977 соналда цӀализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде. 198I соналда СССРалъул медицинаялъул вузазда гьоркьоб тӀобитӀараб гӀелмияб конференциялда мустахӀикълъана Меседил медалалъе – бищун лъикӀаб гӀелмияб хӀалтӀиялъухъ.

1980-1984 соназда хӀалтӀана ДГМИялъул комсомолалъул комитеталъул секретарьлъун. Цадахъго цӀалулев вукӀана гьебго вузалъул клиникияб ординатураялда. Гьелдаса хадуб байбихьана республикаялъулаб клиникияб больницаялда тохтур-урологлъун хӀалтӀизе. 199I соналда тӀамуна рехсараб отделениялъул заведующийлъун.

1993 соналда, ДРялъул Сахлъи цӀуниялъул министерствоялъул буюрухъалда рекъон, Дагъистаналда рагьана Урологиялъул республикаялъулаб центр. Гьелдаса нахъе рехсараб централъе нухмалъи гьабулеб буго Дагъистаналъул мустахӀикъав тохтур, медицинаялъул гӀелмабазул кандидат, ДРялъул Сахлъи цӀуниялъул министерствоялъул штаталда гьечӀев бетӀерав уролог Дибирдада ХӀажиевас. Гьесулгун гьадинаб гара-чӀвари гьабуна нижеца.

– Дибирдада, баркула нужеда Урологияб централъул юбилей ва гьарула хӀалтӀулъ икъбал. Гьаб центр рагьилалде кинаб даражаялда республикаялда гӀуцӀун букӀараб урологиял унтабаздаса сах гьариялъул иш?

– Баркала. Гьаб центр рагьилалде, централияб больницаялда букӀана 1I0 унтарав вегизавизе рес бугеб урологиялъул отделение. Гьелдаго цадахъ, Буйнакскиялда, Дербенталда ва Хасавюрталдаги рукӀана отделениял.

– Гьел бакӀал дагьлъунищха рагьараб урологиялъул центр?

– БакӀални гӀолелги рукӀун ратила. Жакъа центр бугеб бакӀалда ДРялъул Сахлъи цӀуниялъул министерствоялъ ралел рукӀана больницабазе минаби. Дол соназда сахлъи цӀуниялъул министрлъун вукӀарав Ибрагьим Ибрагьимовасда ракӀалда букӀана гьаниб медицинаялъул идараби данде гьаризе. Бана ГӀемерпрофилазулаб лъималазул больница. БукӀана жакъа центр хӀебтӀун бугеб минаги. Гьелде тӀадеги, республикаялда рукӀана урологияб кумекалъе чара гьечӀого хӀажатал аппаратал: ургьисалазда ва кӀващул мухъазда жанир лъугьарал ганчӀал гъурулеб ва бихьиназул кӀващул мухъазда букӀунеб аденома къотӀулеб. Россиялда кинабниги 10 аппарат букӀун батани, гьезул цояб букӀана Дагъистаналдаги. Гьел лъезе бакӀги къваригӀунаан. Гьебги кканин абизе бегьила цӀияб центр рагьиялъе гӀиллалъун. Гьел аппараталги гьанир лъун, 1993 соналъул 18 октябралда ниж рахъинаруна гьанире.

– Гьел цӀиял аппаратал рукӀун гӀоларо – хӀажалъула гьел хӀалтӀизаризе бажари бугел махщелчагӀиги. Киса ралагьарал гьел?

– Доб заманалдаго нижер рукӀана махщел тӀокӀал тохтурзаби-урологал. Россиялъул чӀахӀиял ва машгьурал медицинаялъул центразда гьарулел киналго операциял гьарулаан нижецаги – гьединаб даражаялда букӀана махщеллъиялъул рахъалъ Дагъистаналъул урология. Централияб больницаялъул отделениялда хӀалтӀулел рукӀарал киналго махщелчагӀи рачана гьанире.

– Отделениялъул бакӀалда центр рагьунин абун, нужеда тӀадал ишазулъ, хӀалтӀулъ хиса-басиял кканищ?

– Урологиялъул центр рагьидал, нижер хӀалтӀи гӀемерлъана. Нижер тохтурзабаз кумек гьабизе ккана республикаялда ругел киналниги больницабазда хӀалтӀулел урологазе, андрологазе. КӀващул мухъазул гӀузраби ругел киналго унтарал хӀисабалде росана, гьезда гьоркьоб бичӀчӀикьеялъул хӀалтӀи гӀуцӀана. Гьединаб кумекалъе тохтурзаби хьвадиялъул мурадалда гьабсагӀаталдаги хӀадурун буго хасаб график. Пуланаб районалдаса ахӀи балеб буго, кумек хӀажат бугилан абун нижехъе кӀалъарабго, графикалда рекъон ирга щварав тохтур сапаралъ вахъуна.

– Жакъа буго «гӀарацго гӀарацилан» ахӀулеб заман. Аслияб гуреб хӀалтӀи малъулеб бугин, жидее гьелъухъ тӀадеги мухь кьезе кколин абуларищ тохтурзабаз, сапаразде айилан лъазабидал?

– Аллагьасе рецц, гьединал хӀалтӀухъаби дир гьечӀо. Операция гьабизеги уна, терапиялъул рахъалъ малъа-хъваялги гьарула, бакӀалъул тохтурзабазе жидерго хӀалбихьиги гьарзаго гьурщула – гьелъие гьунар бугел тохтурзаби руго централда. Амма цониги ккечӀо, дие гьелъухъ тӀадеги гӀарац кьеян чӀарав чи.

Урологияб центр рагьиялъ рес кьуна пачалихъиял программабаздаги тохтурзабазул гӀелмиял дандеруссиназдаги гӀахьаллъизе. Масала, ахираб заманалда нижер центр гӀахьаллъана «Бихьиназул сахлъи» абураб РФялъул пачалихъияб программаялда. Гьеб программа хӀадурана Н. А. Лопаткинил цӀаралда бугеб Россиялъул Урологиялъул ва интервенциялъулаб радиологиялъул гӀелмиял цӀех-рехазул институталъ. Гьелъул нухмалъулев академик Олег Аполихин исана апрелалда вачӀун вукӀана Дагъистаналдеги. Нилъер республикаялде гьесул лъикӀаб бербалагьи букӀиналъул хӀасилалда гьес кумек гьабуна программаялда гӀахьаллъизе рес батиялъе. Республикаялда гьеб программа гӀумруялде бахъинабиялъе биччан букӀана 300 миллион гъурущ.

– Гьелъул хӀасил кинаб ккараб?

– Нижеца гьелъухъ босана цӀияб аппаратура, хӀажатаб кинабго къайи-алат. ГьабсагӀаталда централда гьарула бидул цо къатӀра гӀодобе тӀинкӀуларел операциял – гьединал аппаратал руго гьанир. ХӀалтӀизарулел руго гьанже заманалъул, ай тӀадегӀанал технологиязул кьучӀалда гӀуцӀарал, къагӀидаби. Лазералъ гьитӀинабго каратӀги бахъун, нижехъа бажарула ургьисалаялда жаниса гамачӀ нахъе босизе. Гьелдалъун къокълъизабуна больницаялда унтарав вегизавиялъул болжал. Масала, кӀващул цӀуни бугев чи, цебе вегизавулаан 30 къоялъ. Гьанже – 10 къо гIола.

– 10 къоялъги вегизавун, кинабгӀаги кумекги гьабичӀого, нахъе витӀана больницаялдасаян абуларищ унтараз?

– Абиларищха! Гьелде тӀадеги, камуларо цониги укол гьабуларин абурал гӀарзалги. КъваригӀун буго халкъалда бичӀчӀизабизе медицина цебетӀолеб бугеблъи. Дару гьабулеб къагӀидаги хисун буго: уколазул бакӀалда гьарула капельницаби.

– Дибирдада, медицина цебетӀолеб буго. Гьелъул цӀирагьиязда хадур гъолел ругищ централъул тохтурзаби?

– Гьанир рехсарал аппаратал росилалдего, Москваялъул Урологиялъул НИИялдеги ритӀун, камил гьабуна централъул тохтурзабазул лъай. Лъай камил гьабизе тохтурзаби ритӀула Москваялъул ТӀоцебесеб мединституталдеги.

– Ахирал соназда киса-кибего бицунеб буго Дагъистаналъул медуниверситеталъул махщелчагӀи хӀалтӀуде росуларин абун. ГӀарцухъ цӀалун рахъарал тохтурзабазул лъай мукъсанаб букӀин рехсола гьелъие гӀиллалъун. Нужер централъул тохтурзаби кир цӀаларал?

– Дида бичӀчӀана цо жо: батӀи-батӀиял нигӀматаз цӀезабураб холодильник рокъоб бугел лъимал цӀалуларо. Гьезда бихьизабизе ккола дагьабниги ракъи, къечей, цӀорой-хинлъи. Гьеб мехалда гьез къимат гьабизе буго цӀалул гуребги – эбел-инсул ва хадубккун жидерабго захӀматалъулги.

Централда хӀалтӀулел руго, цо чи хутӀизегӀан, нилъерго медуниверситет лъугӀарал тохтурзаби. ЦӀализе гъира бугони, гӀарацги кьезе кколаро, цӀалдезеги сунцаниги квалквал гьабуларо. Дида абизе кӀола: дир тохтурзаби руго къанагӀатаб гьунаралъул махщелчагӀи! Гьел гьанире хьвадана студенталлъун рукӀагоги, ординатураялдеги. Студентал практикаялде рачӀараб мехалда, дица халккола гьезул лъаялда, махщалиде бугеб бербалагьиялда хадуб. Ва хадубккун гьанир хӀалтӀизеги ахӀула.

Камуларо, цӀаруе, реццалъе гӀолоян абун, эбел-инсуца гӀарацги кьун, жидеего бокьичӀого, мединституталде хьвадулел студенталги. Амма хӀалтӀизе заман щведал, гьез хӀехьоларо отделениялда букӀунеб захӀмат ва хехго нахъе уна. Бахчун щай, восун вукӀана дицаги гьединав цо гӀолохъанчи хӀалтӀизе – пуланав чияс гьарун. Цо къоялъ вачӀунаан хӀалтӀизе, кӀиго къоялъ вачӀунароан. Гьанив вугебгӀан заманалъ гьесул тӀолабго тухум-кьибил «хун батила». ХӀалтӀуде вачӀунгутӀиялъе гӀилла балагьулелъулха дос. ТалихӀалъ, гьев хехго лъутана гьаниса.

– Жакъа Дагъистаналда бищун тӀибитӀараб урологияб унти кинаб бугеб? Щиб гьелъие гӀилла?

– Республикаялда, хасго ЛъаратӀа, ЦӀунтӀа, Болъихъ, Рутул районазда, бищунго тӀибитӀараб унтилъун рикӀкӀуна кӀващул мухъазда гамачӀ лъугьин. Гьебги бараб буго гьекъолеб лъеда. Масала, ЛъаратӀа, Шамил районазда гӀурул лъим гьекъолеб бихьана дида. Гьекъезе хӀалтӀизабулеб лъел анализ гьабизе ккола. Нижер Хунзахъ районалда ругел иццазул лъелъ хӀажалъулелдаса цӀикӀкӀараб кальций буго. Гьеб ккола кӀващул мухъазулъ гамачӀ лъугьинабулел гӀиллабазул цояблъун.

– Щиб гьабилеб, гьеб унтиялдаса цӀунизелъун?

– Щивасул рес буго лъим гьализабизе. Гьеле унтудаса цӀуниялъе сабаб. Амма гӀемераб заманалъ гьализабизе бегьуларо – гъорлъ рукӀунел черхалъе пайдаял минералиял элементал тӀубанго хвезарула.

– МагӀарухъ руго даруял лъел иццал. Гьел гьекъани…

– Даруял лъел хӀамамал гьаризе лъикӀаб буго. Гьекъанин абун, кӀващул мухъазе гьелъул пайда букӀунаро.

– Централда цебечӀараб аслияб масъала щиб бугеб жакъа?

– Нилъер гӀадамал заманалда унаро тохтурасухъе – унти басралъизегӀан чӀола.

Дир буго машина. Зама-заманалдасан, ай нухлул 10 азарго километр нахъа тарабго, дица халгьабула гьелъул моторалъухъ, жаниб нах бугищали, бурдул «чӀаго» ругищали, хисула тормозал, цогидал жал. Щивав шоферасги гьедин гьабулеб батила. Амма инсан кантӀуларо жиндирго чорхол сахлъиялъухъ халгьабизе! Бащдаб лъагӀалидасан ине ккола рекӀел, ургьисалазул, цогидал лугбазул УЗИ гьабизе. ХӀал гьабун рачӀинаризе кколел руго гьанире! Масала, операцияги гьабун, кӀващул мухъазда лъола стент (хасаб трубка). Гьеб хисизе ккола лъабго моцӀидасан. Гьеб заманалде централде вачӀаян рокъове витӀарав унтарав вачӀуна лъагӀалидасан. ЦӀидасан гьабизе ккола операция.

Цоги масъала. Нилъер районазул больницабазда гьечӀо урологал. 6-7 сагӀтил нухги нахъа тун, ЦӀунтӀаса МахӀачхъалаялде унтарав вачунаго, бокьараб жо ккезе рес буго. Дица чамалиго соналъ республикаялъул министерствоялде ахӀи балеб буго районазда гьоркьоселниги урологал чӀезареян абун. ЛъаратӀа районалде штат кьуни, масала, гьенире рачӀинаан ЦӀунтӀасаги, БежтӀасаги унтарал. Амма хӀасил кколеб гьечӀо. ГӀилла – гӀарац гьечӀолъи. Нормативалда рекъон, урологасул штат рагьизе ккани, районалда гӀумру гьабизе кколеб буго 20 азарго чияс. Урологасул иш, хасаб буюрухъалдалъун, тӀадкъазе кколеб буго больницаялда хӀалтӀулев хирургасде. Кинабго хӀалтӀи гьесда лъалароха.

Бокьилаан гьанибго, урологиялъул центрилан цӀарги бугелъул, нефрологиялъул, лъималазул отделениял рагьизеги, унтараб ургьисалаги нахъе босун, цӀияб лъолеб операция гьабулеб бакӀги, диализ гьабизе санагӀатги ва цогидалги тадбирал гьаризе. 1200 чи вуго гьабсагӀаталда Дагъистаналда ургьисалазул унтаби ругев. КӀинусгогӀанасев чи вуго, жинда чияр ургьисала лъурав ва гьебго операциялъе иргаялда чӀун вуго щунусгониги чи. Диализалде хьвадулев вуго анлънусгогӀанасев чи. Гьеб бичӀчӀулев чиги гьечӀо. Жалго бетӀергьанал гьединал централ руго республикаялда, амма дир пикруялда, гьел тадбирал гьаризе ккола пачалихъияб централдаги.

– Централде унтарал рачӀунеб мехалда, цадахъ направление букӀине кколеб батила?

– Направление гьечӀониги, цӀакъго цӀикӀкӀараб, хӀехьезе кӀолареб унтигун вачӀарав чи нижеца нахъчӀваларо. Цадахъ букӀине ккола медицинаялъул ва страховияб (СНИЛС) полисалги паспортги. Амма профосмотралъе ине ккола бакӀалъулаб поликлиникаялде.

Гара-чӀвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ

 

 

Урологияб централъул хӀакъалъулъ пикраби

 

Хатун КъурамухӀамадова (I-себ урологиялъул кӀудияй медсестра): «Ункъго соналъ хӀалтӀулей йиго дун кӀудияй медсестралъун ва 20 соналъ – медсестралъун. Гьел соназда жаниб гӀемерал хиса-басиял ккана гьанир. ЦӀиял аппаратал рачӀана, дарабаздалъун больница хьезаби камиллъана, унтаразе дару-сабаблъе ресал гӀемерлъана. Гьелъие квербакъула Дибирдада Пазлуевичасул жигарчилъиги тӀалабчилъиги.

Нижер отделениялда буго 50 унтарасе бакӀ. БукӀуна унтарал жанахӀалда регизаризе ккараб мехги. Тохтурзабазеги цогидал хӀалтӀухъабазеги заманалда кьола моцӀрол харжал, рукӀуна премияби, тӀаде жубала гъирабазабиялъул бутӀаялдасаги гӀарац. БетӀерав тохтурасда разияв гурев чи гьечӀо гьанив. Ниж хӀинкъун руго, рарал сонал сабаблъун, Дибирдада ХӀажиев нахъе ине гурин абун. Меседил кверал ругев тохтурги, тӀалабчилъи цӀикӀкӀарав нухмалъулевги вуго гьев».

ГӀабдула Абакаров (ГӀахъуша районалъул Дубри-махи росу, 63 сон): «Дун гьанив вегун вукӀана кӀващул къвачӀаялда тӀад кӀиго киста бижиялда бан. Централда гьабуна операция. Гьаниб бана 10 къо ва жакъа рокъове унев вуго, кинабгӀаги унти-къварилъи гьечӀого. Операция гьабун, кӀиабилеб къоялдаго тӀаде вахъана дун. Унтиги кӀочана. Цониги дару, катан ва цогидаб жо босизе ккечӀо – кинабго чӀезабун буго больницаялдаго. Дир тохтурлъун вукӀана ХӀусен Къадиев – кутакалда лъикӀав чи ватана гьев».

ГӀабдурашид Рашидов (Табасаран районалъул Пилиг росу, 72 сон): «202I соналда дие гьаниб операция гьабуна. Рокъов вукӀана, щибго къварилъи гьечӀого. Исана байбихьана унтизе – квачалъул хӀасил. КъватӀиве вахъинчӀого тӀубаларелъулха. Гьениб гьури-квач хъвачӀогоги хутӀуларо. Къокъго абуни, дунго дицаго цӀунунгутӀиялъ, цӀидасан гьаниве ккана. Дица гьаниб балеб буго 12-I3 къо. Дару-сабаб гьабулеб буго, цӀакъал тохтурзаби руго. Дир тохтур ккола ХӀажимурад ГӀусманов. Щибаб къоялда гьев вачӀуна нижехъ балагьизе, лъикӀаб накъит гьабула, гьабураб даруялъул хӀасил кколеб бугищали бицуна. Районалъул больницаялдаса витӀун вачӀана дун гьаниве. Унтаразе рекъараб квенги буго гьаниб».

Тайбика (Буйнакск районалъул ЧӀикӀаб росу, 62 сон): «I3 сон баралдаса нахъе ургьисалаби унтарай гӀадан йиго дун. Цояб ургьисала тӀубанго бакъвана ва кӀиабилеб цӀунизе кколеб буго. Гьелъулги хутӀун буго 10 процент – хутӀараб бакъван буго. ЩуцӀул операция гьабуна дие.

Нижер росулъе хехаб кумекалъул машина букӀунаро. Гьединлъидал дун, унти цӀикӀкӀараб мехалда ва гьеб хӀехьезе яхӀ гӀоларого йигелъул, ячӀуна рокъосанго гьаб централде. Гьаниб дие операция гьабуна 20I7 соналда ва лъуна стент. Гьеб хисизе ккола лъабго моцӀидаса лъабго моцӀиде. Гьанжесалалъ дун хехго ячӀине ккана – стент жаниса чороклъун букӀиналъ, кӀващги къватӀибе бачӀинчӀого, тӀолабго черх гьорозе байбихьун букӀана.

Гьаб централъул тохтурзаби дида рокъоса чагӀиян ккола. ГӀемер хьвадизе кколелъул гьание. Кутакалда хӀалимал, ракӀбацӀцӀадго хӀалтӀулел чагӀи руго гьанир. КигӀан свакан ругониги, гьезул кӀалдиса хъачӀаб рагӀи рагӀичӀого дида. МахӀачхъалаялда гьаб гӀадинаб лъикӀаб больницаго батиларо. Гьаб централъул тохтурзабазул бихьизабиялда рекъон, лъабго соналъ диализалдеги хьвадула дун – Буйнакскиялдаго.

КӀудияб баркала буго Урологиялъул централъул киналго хӀалтӀухъабазе! Гьезул кумек щолеб букӀинчӀебани, дир иш лъугӀилаан цебего. Направление кодоб гьечӀониги, къабул гьаюла дун. Документал хадур рачӀинаризе бегьулинги абун, цин чӀаго хутӀиялъе сабаб батула. Рокъоса ахӀунги рачӀуна тохтурзаби! Чанги ккана дун гьание, байрамкъоязда, гьатӀанкъоязда, сардилъ. Дир рахӀатги хвезабунин, мун сабаблъун вачӀине кканин абичӀо жеги цониги тохтурас».