«ГьитIинал мугIруздаги месед-якъут батула» (Халкъияб аби)

РухIияб бечелъи кидаго букIана миллат цIуниялъул аслияб шартIлъун. Гьеб кIудияб малалъулъ маданияб ирс ккола гьечIого гIолареб алатлъун, ай цересел гIелаз гIасрабаз гIезабураб ва хадусел кьераз такрар гьабулеб рухIияб ва материалияб хIалбихьиялъул цо хасаб бутIалъун.

 

 

ГIарабиял ва гIажамиял

Маданияб ирсалъул, узухъда, щулияб кьучIлъун ккола жиндалъун кинабго бечелъи цIунизе кIолеб хъвай-хъвагIай. Дагъистаналъул халкъаз бечедаб гIараб мацIалъул алипги кьочIое босун, гIуцIун буго дунялалда кибниги букIинчIеб, гьечIеб мацI ва хъвай-хъвагIай, лъазарун руго исламалъул гIелмабазул гъварилъаби. ГIараб мацIалъул бечелъиялъе рачине бегьула гIемерал мисалал. Масала, востоковедазул цо гIалимчиясда, гьеб мацIалъул хаслъаби лъазарулаго, «къварилъи», «пашманлъи» абураб гIараб калимаялъе гьединабго магIна бугеб 500 рагIи батун буго. Гьеб мехалъ гIалимчияс гьабун буго «гьаб рагIи унго-унгоги къварилъи буго» абураб махсара. Гьединлъидал гIараб мацIалъ гIураб асар гьабуна Дагъистаналъул халкъазул мацIазул словарияб рахъ бечед гьабиялъеги. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналда гIемер рахъана тIадегIанаб лъай бугел гIалимзаби. Северияб Кавказалда гуребги, хIатта цо-цо гIарабазул улкабаздацин Дагъистаналъул ва-
килзаби цIакъго цереккурал гIа-лимзабилъун рикIкIунаан. Масала, машгьурав шагIир, гIалимчи, бахIарчияв рагъухъан ГIурадаса ИбрагьимхIажица (1685-1760) Маккаялде хIежалде аралъув, гьениб цо гIелмияб бахIсалда жиндирго гIакълу-лъаялдалъун, вагIза-хабар гьабизе бугеб махщалидалъун киналго хIайран гьаруна. Гьесие шагьаралъул шериф вищулеб къецалда гIахьаллъизе рес кьуна ва гьенив цогидаздаса цIикIкIараб лъай бихьизабурав Ибрагьим-хIажи тIамуна Маккаялъул шерифасул тIадегIанаб хъулухъалде.

Бицен буго, гьев бергьаниги, гIарабияв гурин абун гьесие хъулухъ кьезе разилъуларого ругез гьесда гьикъанила: «Дуда лъалищ гIарабиясдаги гIажамаясдаги гьоркьоб кинаб батIалъи бугебали?» — ян. Лъалин жаваб кьунила Ибрагьим-хIажица ва абунила, белалдаги раханалдаги гьоркьоб гIадаб батIалъи бугин: белалъ ракь бухъулин, раханалъ – лъим ххалин. Нижги нужго гIадал бусурбабиги, МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) умматалъул чагIиги ругин. Нужедаса къун лъаларин нижеда шаригIатги, нужедаса нахъе ккечIого, гьелъул нухдасан церехунги унин ниж. Жидедаса цIикIкIун лъай гьесул букIин бихьарал гIарабиязул тIокIаб абизе жо хутIичIо ва гьев хъулухъалдаги тана.

Гьедин жидерго гIелмияб лъаялдалъун, рухIияб бечелъиялдалъун бусурбанлъиялъул Бакъбаккул рахъалда киназго рикIкIунел гIалимзабазда гьоркьоб буго нусгоялдаса цIикIкIарал дагъистаниязул цIаралги.

Гьединабго цебехъанлъи ва гIел-мияб тIокIлъи дагъистанияз бихьизабуна дунявиял гIелмаби ва маданият лъазариялъулъ ва гьезул балъголъаби рагьиялъулъ. ХIуригат бахъилалде цебегицин нилъер рукIана гьеб рахъалъ жидерго гIелмиял хIалтIаби ругел гIалимзаби. Амма официалияб хъвай-хъвагIаялда дагъистаниял рикIкIунаан интеллектуалияб цебе-тIей гьечIеб, жагьилаб агьлулъун.

ГIалимзаби рукIана гIелму жидер камилал

Гьеб пикру мекъи букIиналъе рикIкIен гIемерал мисалал рачине бегьула. Амма гьаниб цо мисал рехсон тела. ЦIар рагIарав гIалимчи, шагIир, жиндир заманалъул пачалихъияв хIаракатчи, магIарул гIажам хъвай-хъвагIаялъул реформатор, ватIаналда цIали лъугIун хадуб Ираналде, Сириялде, Турциялде цIализе арав Хунзахъа Дибир-къадида (МухIамад-шапи) 1742-1817)) лъикIго лъалаан гIараб, парс, турк, гуржи мацIал. Бакъбаккул улкабазул мацIал лъаялъ гьесие рес щвана бусурбанаб диналда хурхарал фикъгьи, мантIикъ, астрономия гIелмаби ва рехсарал мацIазул грамматика лъазабизе гуребги, гьел мацIазда хъварал художествиял асаразул, хIалтIабазул гъварилъуде ваккизеги.

ЦIар рагIарав Дагъистаналъул гIалимчи М.-С. СагIидовас хъван буго: «Дибир-къадица гIуцIараб алипалдаса магIарулаз, хIуригат бахъизегIан, кинабгIаги хиса-баси гьабичIого, пайда босулаан», — илан.

Ялъуни, восизин Хъандиев МухIамад (1818-1861), магIарул мацIалъул грамматика ва словарь хъварав гIалимчи, педагог.

1854 соналда Новочеркасскиялъул гимназиялъул бакъбаккул мацIазул отделениялда цIалдолезе дарсал кьезе ахIарав гьес гIурус офицерзабазда магIарул мацI малъулеб букIана. Хадуб П. К. Усларица хъвана: «Хъандиевасе гIумруялъул хутIун букIана дагьаб заман, амма гьес тIадчIун лъазабулеб букIана паранг мацI ва къокъабго заманалда жаниб цIакъ лъикIал хIасилалги щвана. МухIамадил хрестоматиялъул кIудияб пайда буго гьидерил лугъат лъазабизе. Гьелда буго цIакъ пасихIго буссинабураб А. С. Пушкинил «ЧчугIихъанасул ва меседил ччугIил хIакъалъулъ маргьа», — ян.

Тарихалда тана

кIочонареб лъалкI

РухIияб бечелъи цIуниялдегун мадинияб цебетIей букIинабиялде сунцаха тIамулел рукIарал нилъер халкъалин абураб суал бачIине бегьула. Дида ккола, тIоцебесеб иргаялда, гьелъие гIилла букIанин дагъистаниял гIемерал гIасрабазул манзилалда хIажаталлъун рукIана жидерго эркенлъи, чияда бараблъун гьечIолъиялъе гIоло кидагосеб къеркьеялда. Тарихалдасан нилъеда бихьула Дагъистаналда кверщел гьабизе гIоло нилъгун рагъде рахъана татаралгун монголол, тимурилал, къажаразул къиралзаби, туркалзул султанал, Крымалъул ханзаби ва пачаясул Россиялъул чIухIби. Амма гьел мурадалде щвечIо. «Дир Дагъистаналда» Р. ХIамзатовас хъвалеб буго: «Мешхеталда Надир-шагьасул квачIид чIараб чода бугеб бергьараб памятникалъухъ балагьун ираназул цо поэтас дида абуна: «Индиялдаса меседил тахги босун вуссарав персазул шагь нужер доваса цIакъ гIетIул цIун вуссана», — ян.

Гьеб къеркьеялъулъ кидаго хIажат букIана лъай, гIелму. Гьединлъидал лъай босиялде, гIумруялъул хIалбихьи камил гьабиялде кIварги буссинабизе кколеб букIана. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул халкъазда кIвана миллатал хIисабалда жалго цIунизе, миллатазул культураги борхизабулаго, тарихалда щулияб лъалкI тезе.

Гьелъ рес кьола гIолеб гIелалъе ватIан бокьиялъулаб тарбия кьеялъул иш хIакъикъиял мисалаздалъун щула гьабизе. ВатIаналдехун бугеб лъикIаб бербалагьиялъул хIасиллъун ккола жакъа Россиялъ Украинаялда тIобитIулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъулъ Дагъистаналъул гIолохъабаз гьабулеб жигараб гIахьаллъи ва бихьизабулеб бугеб унго-унгояб бахIарчилъи. Къокъаб заманалда жаниб Дагъистаналдаса анкьгояв Россиялъул БахIарзаллъун рахъин гьелъие якъинаб мисаллъунги ккола. ТалихIкъинлъун буго гьезул лъабгоял гIумруялдаса ратIалъун рукIин. Жакъа къоялде улкаялда кинавниги 120 чиясе гьеб тIадегIанаб цIар кьун батани, Дагъистаналъул БахIарзазул къадар бахуна анлъго проценталде. Россиялъул тIолабго халкъалде дандеккун, дагъистаниязул къадар гIицIго 0,2 процент гурони гьечIеб мехалда.

Нилъ жеги цере руго

Жакъаги республикаялъул нухмалъулез, Дагъистаналъул жамгIиял гIуцIабаз маданияб ирс цIуниялъул ва гьеб хадубккунги бечед гьабиялъул хIалтIи рехун тун гьечIо. Республикаялда хIалтIулеб буго 9 миллияб театр, 1065 библиотека, 140-гIанасеб республикаялъулал ва бакIалъулал газетал, анкьго мацIалда къатIире рачIунел 25 журналал. ХIалтIулеб буго 30 батIияб телеканал. Гьездаго гьоркьор руго ГБУ РД «РГВК «Дагъистан»; ФГУП «ВГТРКялъул филиал – «ГТРК «Дагестан» ва телеканал «Наше национальное телевидение» («ННТ»). ХIалтIулел руго Дагъистаналъул тIахьал риччаялъул басмаханаби.

Жакъаги руго нилъер гIалимзаби Америкаялда, Англиялда, Япониялда хIалтIулел. Гьезул кIудияб къадру-къиматги буго. Рехселин цо-цоязул цIарал:

Сахрат Хизроев (1970), Америкаялъул гIалимчи, клеточнияб биологиялъул профессор, Халкъазда гьоркьосеб наномедицинаялъул централъул директор, наночастицабазул рахъалъ дунялалъулго эксперт.

Жавид Гъазиев (1953), Италиялда хIалтIулев цIар рагIарав гIалимчи, сахлъи цIуниялъул гIелмабазул доктор, Средиземноморскиялъул гематологиялъулаб институталъул директор, Италиялда мугъзал гьодил нахалъе гьарулел операциязул цIар арав махщелчи.

Тажиб Мирзабеков (1957), Америкаялъул гIалимчи, СШАялъул Biomirex, 1nc. компаниялъул президент.

Видади Юсибов (1982), Пенсильвания штаталда Томас Джефферсонил цIаралда бугеб университеталъул ва гьединго Фраунхоферил молекулярияб биотехнологиялъул цIиял дараби ва вакцинаби гьарулеб централъул генералияв директор.

Жалалудин СагIидбеков, тохтур-невролог, Рималъул медицинаялъулаб университеталъул профессор, сахлъи цIуниялъул гIелмабазул доктор.

Гьел ва цогидал мисалаз нугIлъи гьабула Дагъистаналъул халкъазул вакилзабазул дунялалъулго даражаялда жидер гьунар бихьизабизе бажари букIиналъе.

ХадурагIи

Амма жакъа кIвар кьезе ккараб суал буго радиоялдасан ва телевидениялдасан миллиял мацIазда кьолел передачаби риз гьари, гьезие эфиралда кьолеб заман цIикIкIинаби. ГIемер бицунеб букIин гуребги, гьелъул цо бихьулеб хIасил бугони, лъикI букIинаан. Щайгурелъул миллиял мацIал, лъица щиб бицаниги, дагь-дагьккун кIочене толел руго. Рокъоргицин эбел-эмен лъималазда гIурус мацIалда кIалъалел руго. Гьеб буго миллат тIагIиналъе гIунги тIокIаб гIилла.

Зикрула Ильясов