Рокьуца ракарал чирахъал

 

Къойил гъираялда гIедегIула гьев хIалтIуде. Гьесухъ балагьун батула анцI-анцI бер. Гьел беразулъ букIунебщинаб божилъиги рокьиги. Гьесул гIумруялъул гIидраялда аза-азар батIиял кьеразул накъищал угьула гьел бераз. КIи-кIи бер цадахъ рикIкIун – гьелгощинал тIанчалги рукIуна гьесул къисматалъул тIохьода. Гьанирги ракIалде рачIунел руго дида ХIамзатил Расулил рагIаби:

 

— Нужеда рихьаралищ – тIугьдузда берал руго,

Ралагьула гъол нужехъ, ралагьула-гьимула…

 

Гьеле гьеб гьимиялъухъ тIолабго гIумру кьола гьес. Гьеле гьеб гьимиялъ кьола гьесул талихIалъе къуват. Ракьалда толел лъалкIалги гьесул гьеб гьимиялда рарал руго.

Ва гьесда цIарги буго – УЧИТЕЛЬ.

Бералги ругел тIугьдуллъун руго ва хутIула гьесие абадиялъе жиндирго цIалдохъаби.

Гьел тIугьдуз бицуна учителасе гIумруялъул хIакъалъулъ, чанги гIумруялъул дарсалги кьола гьез учителасе. Гьезул гьимиялъул роцада букIуна учителасул талихIги. Гьезда цIарги буго – ЦIалдохъаби.

Учительги цIалдохъанги – цоцазе рокьи бикьулеб кIиго хIикматаб жавгьар.

КIиго хIикматаб жавгьар

Жакъа гьаб гьитIинабго макъалаялда дие бицен гьабизе бокьун буго гьел жавгьаразул цояллъун ругел МахIачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацIалъул ва адабияталъул учитель Хатимат Мирзоевалъул ва гье-лъул цIалдохъабазул хIакъалъулъ.

— Хатимат гIемерал соназ хIалтIулей йиго гьеб лицеялда. ЦIалдохъабазе гьей йокьулеблъи дида мухIканго лъала. Щайгурелъул дида аскIой гьей дагьабниги мехалдагицин хутIани, гьелъухъе цIалдохъан кIалъачIого хутIичIо цониги нухалда. Рокъобе хIалтIи щиб кьурабилан гьикъизе гуребха – дур гьаракь рагIизе бокьун букIанилан ва цоги-цогидал багьанабиги ратун. ГIенеккизе бокьилеб хIалалда бицунеб магIарул мацIги букIуна гьезул. Учителалъ гьезие данде кьолеб хIеренаб жавабгиха. Дунялалда ругелщинал бищун берцинал рагIабиги сайгъат гьарула гьелъ гьезие. Гьединго зама-заманалдаса рокъореги ахIула Хатимат ДахIададаевнаялъ лъимал. Гьедин бижун бачIуна учителасдаги цIалдохъабаздаги гьоркьоб гIажаибаб хинлъи. Гьелда цIарги буго – РОКЬУЛ КЬО.

Гьеб рокьул кьодасан къойил гIедегIула Х. Мирзоева жиндираллъунго лъугьарал цIалдохъабазухъе.

— Дида ккола гьеб бугин аслиябиланги учителасул жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIулъ. Учителасул рекIел гъварилъудасан беролаго бачIине кколеб хинлъиялъул тIагIам цIалдохъабазда байбихьудаго би-чIчIичIони, гьесул хIалтIуда тату букIунаро. Учителасул хIалтIул тату — цIалдохъабазул рокьиги, тIугьдулгIан берцинал гьезул беразулъ тIегьан бачIунеб божилъиги, божилъиялъ лъалъалеб рокьиги. Гьеб кинабго цадахъ бугони, абизе бегьула учителас жиндир гIумруялъул дарсал гIадада инчIилан, — илан абуна Хатиматица.

Республикаялъул Лъай кьея-лъул министерствоялъ исана тIо-битIулеб буго «Баркала, учитель!» абураб акция – чIахIиязги гIисиназги открыткаялдалъун бар-
кизе ккола жидер гIумруялда лъалкIал тарав вокьулев учителасда Педагогасул ЛъагIел. Хатиматихъе рачIаралщинал открыткаби рихьараб мехалда, ракIалде ккана дида гьелъул хIакъалъулъ макъала хъвазеги. Гьенир дица цIаланщинал берцинал рагIаби. Ва бичIчIана учителалъ лъималазе кьураб хинлъиялъулги рокьулги дагьалго къатI-раби тIадруссун рачIунел рукIин.

Дица гьаниб дагьалго къатIра-бийилан абулеб буго. Щайгурелъул учителасул кIудияб ракIалъ къва-тIибе кьураб канлъиги хинлъиги тIубанго тIадбуссинабизе хIалкIолеб батиларо.

Цо нухалда Хатиматихъе рокъоеги щвана дун – компьютералдасан гьабулеб хIалтIуе кумек къваригIун букIана. Гьелъухъе гьоболлъухъ рачIарал цIалдохъабиги ратана дида гьенир. Гьединго тIаде ячIана ИЯЛИялъул аспирантка, Санкт-Петербургалдаса Рания. Дагъистаналде ячIарай гьелъие цIакъ бокьун букIана Хатиматица магIарул мацI малъизе. Гьейги — Хатимат ДахIададаевнаялъул цIалдохъан. Хатиматица дарсал кьола «Калам» школалдаги, ай онлайн-дарсазде рачIунаан бокьараб ригьалъул цIалдохъаби. Гьей студенткаялъ бицана жиндие дагьабги лъикI лъай-хъвай гьабизе бокьун букIанила учителалъулгун. Сордо-къоялъул бокьараб ригьалда жиндихъе кIалъазе ихтиярги кьун букIуна учителалъ.

Бокьула цIалдохъабазе Хатиматил дарсазде рачIине. Гьелъул хIасиллъунги ккола цIалдохъабаз республикаялъул ва шагьаралъул даражаялда тIоритIулел конкурсазда, олимпиадабазда росулел цересел бакIал.

Хатимат жийгоги ккола творческияб къагIидаялда хIалтIулей учитель. Гьелъ санайил росула тIолгороссиялъулги, республикаялъулги, шагьаралъулги творческиял конкурсазда цересел бакIал. Масала, «Второе дыхание родным языкам», «Науки юношей питают», «Язык предков», «Учитель живет в учениках», «Литературная Россия», «Мой лучший урок», «Лучшая методическая разработка». Улкаялъе захIматал гьал ахирисел соназги бихьизабуна Хатиматица цIалдохъабазда мисал.

— ВатIан бокьиялъул тарбиялъул щибаб дарсида бицуна щивав учителас. Ва гьале тIаде щвана къо, гьеб тарбиялъул хIасил гьабулеб. ВатIаналъул гъалатIал ралагьулаго, цо-цоязда кIочон тана ВатIаналъ реэдулеб букIараб заман. Жиндир лъималиланги абун, гьелъ каранде къалел рукIарал лахIзатал. Жакъа нилъерги рес буго гьелъул рокьи дагьабниги къадаралда тIадбуссинабизе. Ва дида ракIалде ккана лъималгун цадахъ гьеб рокьул къатIраби ватIаналъе тIадруссинаризе. ТIоцебесеб иргаялда, дицаго бихьизабуна мисал СВОялда гIахьаллъулел солдатазе кумек гьабиялъулъ. Дица цIалдохъабазда щибго абичIониги, гьелги гьезул хъизаналги нахъе кIанцIун чIечIо.

Солдатазухъе кагъталги цадахъ хъвана нижеца, бахIарзазул хIакъалъулъ матералги цадахъ бакIарана нижеца. Ирга щоларого рукIунаан дарсазда лъимал, жидецаго бакIарараб материалалъул хIакъалъулъ цогидазе бицине къваригIун.

Гьединго нижеца тIоритIана «Спасибо деду за Победу» ва «Спасибо внуку за Победу» абурал акциялги, — ян бицана Хатиматица.

Гьал тадбираздалъун жиндие бихьизабизе бокьун букIанила бахIарчиял наслабазул бухьенилан абуна учителалъ.

Хатимат ккола «ХIакъикъат» газеталъулги божарай гьудул. Щиб тадбир газеталъ яги газеталда тIобитIулеб бугониги, гьелъги гьелъул цIалдохъабазги жигараб гIахьаллъиги гьабула. ГIемер щола Хатимат гIагараб газеталде гьоболлъухъ.

— Къадада чIварал суратаз бицуна нилъее магIарулазул тарих. Гьединлъидал дир гъира букIуна цIалдохъабигун цадахъ нужехъе, магIарул миллияб гъасде, ячIине. БатIаго ракI цIала дир нужехъе щвезе, магIарул мацI цIунулел нуж рихьидал, дагьабги гъира ккола хIалтIизе, — ян абуна Хатиматица гара-чIвариялъул ахиралда.

Рокьуца ракарал чирахъаллъун руго Хатимат Мирзоевалъе цIалдохъаби. Биччанте цоцазде бугеб рокьиялъ бокъинабурал учителалъулги цIалдохъабазулги шагьраялда ва сухъмахъазда киданиги хер бижунгутIизе.

Хатимат ДахIададаевнаялъ кIу-дияб гIахьаллъи гьабула учительзабазул жамгIияб гIумруялъулъги. Гьей чанго нухалда мустахIикълъана республикаялъул школазул магIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху МухIи-диновалъул баркалаялъе, хасго коронавирусалъул заманалда учительзабазе дистанционниял дарсал хIадур гьариялъухъ. Гьелъие кьуна ХIурматалъул грамота, батIи-батIиял даражаязул дипломал, баркалаялъул кагътал. МагIарул ва цогидал миллаталъул учительзабазе кумекалъеги, жиндир хIалбихьиялдаса цогидаз пайда босизеги букIине, гьелъ гIуцIун буго хасаб сайтги.

Гьединго Хатимат ккола МахIач-хъала шагьаралъул школазул миллиял мацIазул учительзабазул модераторги.

Х. Мирзоева ккола «Шагьара-лъул бищун лъикIав рахьдал мацIалъул учитель» конкурсалъул лауреатги.

Хатимат ДахIададаевна муста-хIикълъана «Россиялъул лъай кьея-лъул ХIурматияй хIалтIухъанг» абураб цIаралъеги.

Гьарула учителалъеги гьелъул гIумруялъул жавгьараллъун ругел цIалдохъабазеги дагьалги чIахIиял творческиял бергьенлъаби. Гьезул нухазда къалъараб даимаб чирахъги талихIалъул нурлъун рещтIаги щивасул къисматалда.

Шамай Хъазанбиева