ГIабдулхабировасул хIаракат пайдаяблъун батана

ЦIумада районалъул Агъвали росдал маданияталъул кIалгIаялда, машгьурав тохтур МухIамад ГIабдулхабировасул хIаракаталдалъун, школлъималазда гьоркьоб тIобитIана Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубаялда бухьинабураб, гьесул асарал пасихIго ва рекIехъе рикIкIиналъул къец.

 

Гьелда гIахьаллъана районалъул бетIер Шамил ГIумаров, Гъуниб районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей ПатIимат Абакарова, Лъондодаса меценат АхIмад ГъазимухIамадов, тохтур ГIабдурашид СагIидов, ТIиндиса шагIирзаби СалихIат ХIасанова ва ПатIимат МухIамадова.

Тадбир рагьана ва нухда бачана Агъвали росдал гимназиялъул 11 классалъул цIалдохъаби ПатIимат ЖахIбаровалъ ва Аминат МуртазагIалиевалъ. Машгьу-рав шагIирасул хIакъалъулъ бица-
на Шамил ГIумаровас, МухIамад ГIабдулхабировас, ПатIимат Абакаровалъ ва цогидазги. ГIу-рус ва магIарул мацIазда Расул ХIамзатовасул кучIдул рекIе-хъе рикIкIиналъул къецалда гIа-хьаллъана 40-ялдасаги цIикIкIун цIалдохъан. Гьел рикьун рукIана кIиго батIияб къокъаялде, ай 1-4 ва 5-11 классазул цIалдохъабазде. Школлъималаз рекIехъе рикIкIана ВатIаналде, эбелалде, авар мацIалде, АхIулгохIалде, магIарулазде гьарурал шагIирасул кучIдул. Жидерго гьунар-махщел бихьизабизе гьез бахъараб хIаракаталъ балагьарал хIайран гьаруна ва жюриялъе унго-унголъунги захIмалъана бищун лъикIазда цIарчIвазе. Кин батаниги, байбихьул классалъул цIалдохъабазда гьоркьоб авар мацIалда кечI рикIкIун тIоцебесеб бакI щвана Сасикьа Хъиличова Аминатие, кIиабилеб бакI — Агъвалиса ГIалимухIамадова Сафияе, лъабабилеб бакI — Агъвалиса Зубаирова Аишае ва ХIажимурадова Жамилае.

ГIурус мацIалда кечI рикIкIун бергьана ТIисси-ахикьа ГIабдуразакъова Фатима, кIиабилеб бакI щвана Сасикьа Хъиличова Аминатие ва Агъвалиса ХIажимухIамадова Раянае, лъабабилеб бакIалде ккана Агъвалиса ХIасанова Саида, Гьадириса ГIусманова ПатIиматзагьра ва Хуштадаса Мусалов АхIмад.

5-11 классазул цIалдохъабазда гьоркьоб магIарул мацIалда кечI рикIкIун тIоцебесеб бакI щвана Инхокъвариса МухIамадсагIидова Саидае, кIиабилеб бакI — Агъвалиса ИсмагIилова Аминатие ва Гъоркьгьаквариса МуртазагIалиева Фатимае, лъабабилеб бакIалде ккана Зубаирова Аиша, Лъондодаса Денгаев Ислам ва Агъвалиса МухIамадов МухIамад.

ГIурус мацIалда кечI рикIкIун бергьана Хуштадаса Гъазиева ГIай-шат, кIиабилеб бакI щвана Агъвалиса ЖахIбарова Фатимае ва Инхокъвариса Гереева Хадижатие, лъабабилеб бакIалде ккана Агъва-
лиса Ибрагьимова Амира, Гъоркьгьаквариса МуртазагIалиева Марь-ям ва Гьигьалъа НурасмухIамадова Багьжат.

Бергьаразе ва призеразе кьуна дипломал ва гIарцулал премиял, киналго гIахьалчагIазе — сайгъатал. Гьелъие спонсорлъи гьабуна МухIамад ГIабдулхабировас, АхIмад ГъазимухIамадовас, РУДНалъул студентаз, къватIисел пачалихъаздаса МухIамад ГIабдулхабировасул гьудул-гьалмагъзабаз. Гьединго батIи-батIиял номинациязда гIарцулал сайгъатазе мустахIикъ-лъана щуго лъагIел барай Агъвалиса ГIалимухIамадова Асият («Бищун гьитIинай кечI рикIкIарай яс»), балагьаразул рокьиялъе мустахIикълъана Тарумовка районалдаса ячIарай ГIисаева Марьям. Конкурсалъул «Бищунго кIудияв гIахьалчи» номинациялъе мустахIикълъана шагIир ПатIимат МухIамадова. Гьединго конкурсалда рихьизаруна Франциялда гIумру гьабулей Зулейха МухIамадовалъ жиндирго кIодоэбел ТIиссиса Савдат ХIажиевалъ Расулиде хъвараб ва Москваялда гIумру гьабулей МухIамад ГIабдулхабировасул ясалъул ясалъул яс Малика Расуловалъ кучIдул цIалулаго рахъарал видеороликал. Силди росдал бегавул МухIамад НурмухIамадовас конкурсалда бергьарал васазе кьуна ХIабиб НурмухIамадовасул рахъалдасан футболкаби.

Данделъиялъул ахиралда районалъул бетIер Шамил ГIумаровас кIвар бугеб конкурс тIобитIаралъухъ МухIамад ГIабдулхабировасе ва районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Зайнаб ГIабдусаламовалъе загьир гьабуна ракI-ракIалъулаб баркала, тадбир ракIалде щвеялъе сайгъатал кьуна ПатIимат Абакаровалъе, АхIмад ГъазимухIамадовасе ва цогидазеги. Жиндирго рахъалдасан МухIамад ГIабдулхабировас баркала загьир гьабуна конкурс тIобитIизе гIарцулаб рахъалъ квербакъи гьабурал спонсоразе, районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Зайнаб ГIабдусаламовалъе, райадминистрациялъул культураялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдусалам МухIамадовасе, библиотекаялъул нухмалъулей ПатIимат ХIасбулаевалъегун гьелъул хIалтIу-хъабазе, конкурсалде лъимал хIадур гьарурал учительзабазе ва эбел-инсуе.

Тадбиралъе хасаб берцинлъи кьуна Гъуниб, Болъихъ ва ЦIумада районазул культураялъул хIалтIухъа-базул музыкалиял церерахъиназ.

Зульфия Сажидова