Ятимазул мулк бикъаразе тамихI букIине ккола

12 октябралда Сергей Меликовас тIобитIана ДРялда ришватчилъиялда данде чIеялъул хIалтIи нухда бачиналъул рахъалъ комиссиялъул данделъи.

Гьенир рорхарал суалазул аслияблъун букIана — ятимал лъимал мина-рукъалдалъун хьезариялъулъ коррупция ккунгутIиялъе тадбирал гIуцIи.

2023 соналда республикаялда ятимал лъимал рукъзабаздалъун хьезаризе республикаялъул бюджеталдаса 779,1 миллион гъурущ биччан бугин бицана Сергей Меликовас.

Гьеб гуребги 189 ятимазе республикаялъул бюджеталдаса жеги тIаде кьезе бихьизабун буго социалияб выплата.

«Жидер тIалаб гьабизе нахъа чи гьечIел ятимаздаса пайда босизе нахъе къаларел цо-цо «пишачагIазул» хьул лъун батизе бегьула дица рехсараб гIарцуде. Гьединал лъугьа-бахъинал дандчIвани, гьеб бакIалдаго къотIизаризеги руго», — ян лъазабуна республикаялъул бетIерас.

Ихтияр цIунулел гIуцIабаздеги хитIаб гьабуна Сергей Меликовас бесдал хутIарал лъималазе рукъзал кьеялъул рахъалъ ихтиярал хвезарурал гIадамал законалда рекъон кьварараб тамихIалде цIаян абун.

2015-2016 соназда ятимал лъимал рукъзабаздалъун хьезаризе 4,5 млрд гъурущ биччан букIана. Сергей Меликовас гьабураб хIисабалда рекъон, гьеб гIарац кколеб къагIидаялъ, цIодорго хIалтIизабун букIарабани, жакъа киналгIаги захIмалъаби рукIинароан ятимал лъималазе мина-рукъ щвеялъул рахъалъ.

ПатIимат СултIанмухIамадова