Бищана Халкквеялъул совет

Республикаялъул бетӀерасул указалда рекъон, 2018 соналда гӀуцӀана Дагъистаналъул Промыш- ленность цебетӀезабиялъул фонд.
Фондалъул аслияб масъала буго Дагъистаналъул промыш- ленность цӀигьаби, цӀиял пред- приятиял рагьиялъе квербакъи, импорталъул бакӀалда нилъерго къайи хӀадуриялде ва предпри- ятиялда бищун лъикӀал техно- логиял хӀалтӀизариялде бизнес- меназулъ гъира базаби. Гьелъул мурадалда Фондалъ гӀарцудалъун хьезаризе ккола гӀелмиял цӀехрехазулги, хӀалбихьиязулгун кон- структоразулги хӀалтӀи ва конку- ренциялъе бажари-гьунар бугел предприятиял.
ГӀуцӀун букӀана Фондалъул хӀалтӀуда хадуб Халкквеялъул со- ветги. Гьал къоязда тӀобитӀана гьелъул данделъи. Гьеб нухда ба- чана ДРялъул хӀукуматалъул председателасул заместитель Ризван ГъазимухӀамадовас.
Данделъиялъул аслиял масъалаби рукӀана: Халкквеялъул советалде цӀиял гӀахьалчагӀи тӀасарищи, Фондалъул Эксперти- ябги КъайимчагӀазулги советазда хиса-басиял гьари, аудиторазул гӀуцӀи тасдикъ гьаби ва Россиялъ- ул Кластеразулги технопарказулги ассоциациялда гъорлъе Фонд лъу- гьин.
Фондалъул нухмалъулев Камил Арсланбековас бицанихъе, ДРялъул Промышленносталъулги дармилги министерствоялъул про- граммабазда рекъон, Дагъиста- налда кватӀичӀого гӀуцӀизе буго цо чанго промышленнияб кластер: хьитал рукъиялъул, мебель гьа- биялъул, квас къачIаялъул ва бакӀал раялъе хӀажатаб къайи хӀадуриялъул. ГьабсагӀаталда хӀажат буго гьел кластерал гӀуцӀиялъе кумекалъе ратулел правоялъул- гун нормативиял документал хӀадуризеги гьеб рахъалъ бугеб цогидазул хӀалбихьи лъазабизеги.
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА