Илбисалъ малъаралда хадурги рилълъун

МухIамад Дудуев, Авар театралъул актер, жамгIияв хIаракатчи.

 

— КъватIисан гьусун тIамулел гIадамазул провокациялъулал къасдазда хадурги рилълъун, гьел гIолохъабаз тIоцебесеб иргаялда хвезабуна закон. Амма гьелъ гьезул я гIаданлъиялъул, я намусалъул, ялъуни чилъиялъул рахъ — цонигияб борхизабичIо, гьелъул гIаксалда, хутIа-хутIарабги даража гIодобегIан гьабизе квербакъана гьеб ахIи-хIуралъ. Гьабуле-толелъул пикруги гьабичIого, илбисалъ малъаралда хадурги рилълъун, сахал гIолохъаби гьанже ккана уголовияб статьяялде гъоркье. Гьезул эбел-инсуда ракI гурхIизе бачIуна, гьечIеб бакIалда рекIел бакъвайги бетIер унтиги щвана гьезие. Палестинаялда, гьезул халкъалдаги унго-унголъунги ракI гурхIарал гIадамал радакь рахъун мажгитазде гIедегIулел руго, гьезда тIаса зулму босеян дугIа гьабизе. Гьеб буго жакъа нилъер бищун кIудияб ярагъги, къуватги, гIакълу бугеб ишги. РачIа нилъ хадурккунги гьебго гIакълуялда хадур рилълъинин, шайтIаналъ малъарабги гьабун, ахир гIалагъважаялде сверулеб ишалда гъорлъе лъугьинчIого чIелин ва Аллагьас кантIиги къуватги кьеги щивас чиясе лъикIабги квешабги батIа бахъизе ва шайтIанги рекIелъ къезабизе.