Цо-цоязул хъантIи сабаблъун…

Дагьал церегIан къоязда, ришватчилъиялда дандечIеялъул хIалтIи гьабиялъул рахъалъ комиссиялъул данделъиялда, ДРялъул бетIер Сергей Меликовас кIвар буссинабуна ятимал лъимал минарукъалдалъун хьезариялъул рахъалъ дандчIвалел захIмалъабазул
хIакъалъулъ суалалде. Гьес кьварун лъазабуна гьеб рахъалъ хIалтIи тIаса-масаго гьабулезе, ятимазул ихтиярал хвезаруразе законалда рекъон тамихI гьабизе бугин абун.

Ятимазе мина-рукъ босизе пачалихъалъ биччараб гIарац, батIи-батIиял хIиллабиги ургъун, гьересиял документалги гьарун, бокьа-бокьахъе бикьулеб букIиналъул хIужаби загьирлъана ахирал соназда. Лъабго соналъ цебе республикаялъул бетIер вугеб бакIалда гьеб суал борхана «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» НКОялъул председатель Раисат ГIусмановалъ. Абизе ккола, гьелдаса нахъе гьеб рахъалъ ахIвалхIал гIезегIанго лъикIлъанин.

Жиндир заманалда рукъзал щвечIел, гьеб рахъалъ батIибатIиял захIмалъаби дандчIварал, лъималазул рокъор гIурал гIемер ятимал рачIунила «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялде кумек гьарун. Гьел захIмалъабазул хIакъалъулъ гьадин бицана Раисат ГIусмановалъ:

— Жиндир заманалда лъималазул рукъзазул нухмалъулез минаби щолезул сияхIалда лъечIого гьоркьор хутIарал ятимал рачIуна дихъе. Лъималаз 18 сон тIубазегIан, лъималазул рукъзазул нухмалъулез, ятимазул статусги бихьизабун, хIадуризе ккола документал. 23 сон тIубалелде гьел рукъ щолезул сияхIалде росун рукIине ккола. Гьеб заман щвезегIан документал жанире кьезе кватIани, гьезие рукъ кьоларо. Лъималазул рукъзазул нухмалъулезул тасамахIлъи сабаблъун рукъзал щвезе кватIарал ятимазул хитIабазул халгьабула ва кумек гьабула нижер юристас. Пачалихъалъ чIобого кьолеб рукъалъе гIоло, хIиллаби ургъун, мекъал ишал гьарулел ратана цо-цо бакIазда. Цо-цо эбел-инсуца жидерго лъималаздаса инкар гьабунин абун, гьересиял документал гьарулел ратана. БатIибатIиял хIиллаби ургъун, унго-унгоял ятимаздаса цере щолел ругоан гьезие рукъзалги.

Гьел хIужабазда тIасан респу- бликаялъул бетIер Сергей Меликовасде хитIаб гьабуна нижеца. Ва гьеб пиша гьоркьоб къотIизабизе кIвана. ДРялъул Лъай кьеялъул министерствогун цадахъ нижеца батIи-батIиял районазда эбел-инсулал ихтияраздаса махIрум гьарурал ва рукъзал щолезул сияхIалда лъурал гIадамазул документазул хал гьабуна. Рукъ щвезе гIоло гьересиял документал гьарурал гIемер ругоан, нижехъа бажарана гьезул цо-цоязул гIарзал хIакъикъиял гуреллъи чIезаризе».

Жакъа къоялдаги гIемер руго 23 сон барал, амма лъималазул рукъзазул нухмалъулезул тасамахIлъи ва цогидал гIиллаби сабаблъун рукъзал щвечIел ятимал. Кин гьеб суал тIубалебали лъачIого, гьел рачIуна «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялде кумек гьарун.

«Жидерго лъималаздаса инкар гьабунин абун гьересиял документал гьарурал ва чIобого рукъ щвезе ятимазул сияхIалда гьел лъурал гIадамаз унго-унголъунги гьединаллъун кколезул ихтиярал хвезарулел руго. Нижеца гьеб суал борхун хадуса Сергей Меликовас лъазабуна ургъунго эбел-инсулал ихтираздаса жалго махIрумги гьарун, судалъул хIукмуялдалъун рукъ чIобого щвезе кколел ятимазул сияхIалда иргаялъ церегIан рачунезул халцин гьабугеян абун. Гьеб мехалда прокуратураялъ тIадчIун хал гьабуна гьединазул. Ва байбихьана кколеб къагIидаялъ, иргаялда рекъон, ятимазе рукъзал кьезе. Судалъул хIукмуялъул санги гьабичIого, гьел щвезе мустахIикъал ятимазе гурони рукъзал кьечIого тезе жавабчилъи тIаде босун букIана МахIачхъалаялъул вукIарав мэр Салман Дадаевас. Гьединал лъикIал хIасилал ккана Меликовасде гьабу- раб хитIабалдаса хадур», — ан бица- на Раисат ГIусмановалъ.

Жакъаги захIмалъаби дандчIвалел руго бесдалазе рукъзал ро- сизе кьолел сертификатазул рахъ- алъги. Республикаялда рукъзал хиралъун рукIиналда бан, сертифи- каталда бихьизабураб гIарцул къа- дар гIолеб гьечIин жакъа ятимазе рукъ босизеян абулеб буго «Бесда- лал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялъул нухмалъулелъ:

«Рукъзал росизе ятимазе гIарац биччазе республикаялда байбихьана 2004 соналда. Гьелдаса нахъе хисабасиялги гьаруна законалъулъ. Цебе рес букIана бокьараб бакIалда рукъ босизе ва хадубккун гьеб бичизе. Яти- мал махсараде кквезе рес бугин абун, хадуб законалъулъ хиса-басиял гьаруна. Ва гьелда рекъон, ятимазе босараб рукъ бичизе бегьулароан щуго соналъ. Щуябго соналъ гьеб мулк букIунаан администрациялъул халгьабиялда гъоркь. Гьеб заман ун хадуса гурони рукъалъул бетIергьабилъун рахъунароан ятимал. 2023 соналъул август моцIалда байбихьана сертификатал кьезе. Гьанже сертификаталда рекъон, рукъ босарабго гьелъул бетIергьабилъун рахъуна ятимал. Гьеб цIияб къагIидаялъул щиб ккезе бугебали лъаларо.

ДРялъул ХIукуматалъ ятимазе рукъзал росизе 2 334 585 гъурущ бихьизабун буго. Жакъасел багьабазда рекъон, гьеб гIарац гIолеб гьечIо рукъ босизе. Ятимасе бихьизабун буго 33 квадратияб метралъул рукъ. Амма гьединаб къагIидаялъул рукъзал республикаялда гьанже ралелго гьечIо. Ралел бакIазул, архитектураялъул ва ЖКХялъул министерствоялъул вакилзабаз тIобитIараб данделъиялдаги борхун букIана дица гьеб суал. Гьез абуна ятимасул рес бугин жинцаго тIад гIарацги лъун рукъ босизеян».

Исана 189 ятимасе щвезе буго рукъ босизе сертификатал. Жакъа къоялда гьел сертификат щварал ятимазда гьоркьоса 56-яз гьеб рукъ босизе гIарац щвеялъе документал ракIарун кьун руго. Гьезда гьоркьосаги 40 ятимас босана рукъ. ХутIаразин абуни лъагIалил ахиралде щвезегIан халгьабизе ккола жидее дандекколел рукъзал ва документал ракIаризе ккола. П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА