Расулил юбилей — Узбекистаналда

21 октябралда гьел щвана Чирчик
шагьаралда бугеб «ХъахӀал къункъ-
раби» абураб мемориалияб комплек-
салде. КӀудияб ВатӀанияб рагъул
гӀахьалчагӀазул памятникалда цере
тӀугьдул лъуна гьез.
«ХъахӀал къункъраби» мемори-
алияб комплекс рагьана 1972 сона-
лъул микьабилеб маялда Чирчик ша-
гьар бакьулъ. Гьелъул кьочӀолъ лъун
буго немцаз чӀварав Чирчик шагьа-
ралъул 1695 чиясул цӀар тӀад хъвараб
кагъат жаниб лъураб капсула.
Бекараб кваркьи бугеб къункъ-
ра пашманго балагьун буго боржун
унеб читӀиралъухъ. Гьеб буго рагъда
чӀварал солдатазул рухӀазе бараб па-
мятник. Гьезул хӀакъалъулъ хъвараб
Расулил кечӀ буссинабун буго узбек
мацӀалдеги.
Гьеб памятник хирияб буго Аф-
гъан рагъул гӀахьалчагӀазеги: гьелда
цересан тӀоритӀана гьел рагъде унеб
мехалда.
Дагъистаналъул вакилзаби щва-
на «Чирчик» абураб химиялъул-
гун индустриалияб паркалдеги.
Гьелъул
генералияв директор Фарит
ГӀазизовас бицана гьениб гьабулеб
хӀалтӀулги инвестораз гӀуцӀун ругел
шартӀазулги хӀакъалъулъ.
Паркалъул буго цебетӀураб ин-
фраструктура. Гьенир сокӀкӀун руго
къватӀисел улкабаздаса Узбекиста-
налда хӀалтӀизе рачӀарал индустри-
алиял компаниязул офисал. Гьезие
хӀажатабщинабги чӀезабун буго.
Дагъистаналъул вакилзабазда ри-
хьизаруна индустриалиял парказул
цебетӀеялъе квербакъулел тадби-
рал ва Узбекистаналъулги Дагъи-
станалъулги бухьен камил гьабизе,
ай промышленносталъе хӀажатал
махщелчагӀи хӀадуриялъул рахъалъ
гьоркьоблъи букӀинабизе къотӀиги
гьабуна.
ДандчӀваялъул хӀасил гьабула-
го, ГӀ. ГӀабдулмуслимовас баркала
кьуна жидер гьабураб адабалъухъ
ва паркалъул нухмалъулезе сайгъат
гьаруна Р. ХӀамзатовасул тӀахьал.
«ХӀакъикъаталдаги, гьаниб хӀалтӀи
гӀуцӀун буго тӀадегӀанаб даража-
ялда. Дагъистаналдаги жигаралда
гӀуцӀулел руго индустриалиял техно-
паркал ва цебетӀезабулеб буго про-
мышленность. Масала, цӀорол кла-
стер. Гъоркьиса нижеца хӀалтӀизе
биччана цӀорол гарал хӀадурулеб цех.
«Уйташалда» хӀадурула авиациялъе
хӀажатаб къайи. Дида ракӀалде
ккола, кӀиязего рес бугин цоцазухъа
дарсал щвезе, бугеб хӀалбихьиялдаса
пайда босизе. Гьединлъидал гьарула:
рачӀа нижехъе гьоболлъухъ», — ян би-
цана ДРялъул премьер-министрас.
Мажлисалъул сенаталда
Гьебго къоялъ ГӀ. ГӀабдулмуслимов
дандчӀвана Узбекистаналъул
Олий Мажлис Сенаталъул (хадуб-
ккун – Мажлис) председателасул
тӀоцевесев заместитель Содикъ Са-
поевгун.
Гьелда гӀахьаллъана Мажлисалъул
Халкъазда гьоркьоселги къватӀисеб
экономикаялъулги бухьеназул ва
къватӀисел улкабаздаса инвестици-
язулгун туризмалъул комитеталъул
председатель Равшанбек
ГӀалимов
ва Мажлисалъул ГӀелмиялгун лъай
кьеялъул ва сахлъи цӀуниялъул су-
алазул рахъалъ комитеталъул пред-
седатель Одилжон Иминов. Дагъи-
станалъул рахъалдаса дандчӀваялда
гӀахьаллъана ДРялъул Халкъияб Со-
браниялъул председателасул заме-
ститель Камил Давдиевги, ДРялъул
миллияб политикаялъулгун диниял
ишазул министр Энрик Муслимов ва
цогидалги.
ДандчӀваялда бицана Расул ХӀамзатовасул
къоял тӀоритӀиялда бан
хӀадурараб программаялъулги, пар-
ламентазда гьоркьосел бухьенал
камил гьариялъулги, кӀиябго респу-
бликаялда туризм, промышленность,
росдал магӀишат ва цогидал рахъ-
ал церетӀезариялъе квербакъулел
цадахъал тадбирал гӀуцӀиялъулги
хӀакъалъулъ.
Маданияталъ цолъизарула
Халатбахъун хъатчӀвана Узбеки-
станалда Дагъистаналъул артистазе.
Гьайбатаб улка буго Узбеки-
стан – такрарлъи гьечӀеб тӀабигӀатги,
некӀсияб, цогидазулалда
релълъинчӀеб
маданиятги, ракӀ разияб
гьоболлъиги… Гьениве чанцӀулго
щвана
Расул ХӀамзатов.
Узбекистаналъул
хъвадарухъаби
рукӀана
гьесул гьудулзабилъун.
Гьединлъидалги
батила, кутакал-
да разиго къабул гьаруна Дагъиста-
налъул артистал Ташкенталда бугеб
«Туркестон» абураб Маданияталъул
гӀазухъахӀаб кӀалгӀаялда.
Гьениб букӀана «Расул ХӀамзатовасул
иццал» абураб нилъер
хӀаракатчагӀазул церерахъин.
Концерталде рачӀаразде хитӀаб
гьабулаго, гьадин абуна ГӀ. ГӀабдулмуслимовас:
«Нижеда лъала,
Расул ХӀамзатовасул творчество
Узбекистаналда
кутакалда бокьулеб-
лъи. Гьебги ккола нилъер халкъал
гӀагарлъизарулеб хӀужа. ХӀамзатов
вукӀана лъикӀлъиялъул вакил,
халкъияв
дипломат. Гьев щвана
гӀемерал бакӀазде, щвана Ташкен-
талде, Бухараялде, Самаркандалде.
Узбек мацӀалде буссинабун буго гье-
сул «Дир Дагъистан» ва шигӀриял
мажмугӀал. Гьевги Узбекистаналъул
советияв, партиялъул ва пачалихъи-
яв хӀаракатчи Шарап Рашидов гьу-
дулзаби рукӀана. 1976 соналда Расул-
ги гьесул лъади ПатӀиматги щвана
Узбекистаналде. Нужер бакъулаб ва
баракатаб республикаялде гьабу-
раб сапаралъул хӀасилалда шагӀирас
хъвана адабияталъул тарихалда гу-
чаб лъалкӀ тарал асарал», – ан.
Содик Сапоевас баркала кьуна
Дагъистаналъул вакилзабазе: «Бар-
кала Дагъистаналъе аваданаб байра-
малъухъ. Расул ХӀамзатовас кочӀолъ
рецц гьабуна рахьдал мацӀалъе.
Жакъа Узбекистаналъулги, Росси-
ялъулги, Дагъистаналъулги халкъал,
нилъер улкабазул нухмалъулезул политикияб
яхӀалъул кьучӀалда, цолъулел
руго, гъункулел руго. Гьелъие
нугӀлъи гьабула Дагъистаналда нилъ-
ехъе къиматал гьалбал рачӀиналъги»,
– ян абуна гьес.
ШагӀирасул байрам кӀодо гьабу-
лебщинаб бакӀалда гӀуцӀун букӀуна
Дагъистаналъул халкъияб устарлъи-
ялъул выставкаги. ГӀуцӀун букӀана
гьеб Ташкенталдаги. Унсоколоса
МухӀамад
МухӀамадгӀалиевасул
ишан кьабизе бугеб гьунаралъ битӀахъе
хӀайранлъизаруна гьелъухъ
балагьизе рачӀарал гӀадамал.
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА