НахъегIанаб пикруялъул чагIаз гьусун тIамун, гьарулел митингаздагун акциязда дандечIаразул мухъилъ вуго дунги

Рамазан ГIабдулмажидов, ДНЦялъул археологиялъулгун тарихалъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулев.

 

МахIачхъалалялъул аэропорталда ккарал лъугьа-бахъинал киса-кирего рагIана, гьелъ гIураб
ахIи-хIур гьабуна республика бахун къватIибехунги. Полициялъулгун би гIодоб тIурал тункагIусиял ккана гIолохъабазул. Гьеб буго нилъер республикаялда жамгIиябгун политикияб ахIвалхIал хIалуцинабизе, халкъалда гьоркьоб питнагун жахIда-хIусуд цIикIкIинабизе мурадгун, ургъунго гьабураб иш. Жакъа Дагъистаналъул халкъалъул пикру буссун буго Палестинаялде. Гьенир расги гIайиб гьечIел диналъул вацазда тIад гьабулеб вахIшияб зулмуялъ курмул лъукъичIев, гьеб пакъираб халкъалда ракI гурхIичIев чи нилъеда гъорлъ ватиларо. Гьеб кинабго бихьулеб буго цIадабе нарт тIезе къачIан чIарал провокатораздаги ва гьез питна боркьизабизе хIаракат бахъулеб буго. Гьединаб иманкъосараб, нахъегIанаб пикруялъул чагIаз гьусун тIамун, гьарулел митингаздагун акциязда дандечIаразул мухъилъ вуго дунги. Гьединал хIажат
гьечIел багъа-бачарияз, дир пикруялда, гIаксалда, Палестинаялъулги цогидалги бусурбабазул пачалихъалда цебе нилъер къимат хвезабизе буго. Гьезие нилъ рукIине руго щакаб пикруялъул ва тохал, иманги аслуги къосараб пикру-лъаялъул гIадамаллъун. Я Аллагьасул диналда, я гIаданлъиялъул нухалда дандекколареб хьвада-чIвадиялъул рахъкколел гIадамаллъун нилъ рукIине дие бокьиларо. Дица рикIкIуна ГIизраилалъул сионистазул хъубаб, нахъегIанаб политикаялъул рахъкколел сионистазулги ва гьезул гIадатияб халкъалъулги пикраби нилъеца ратIа гьаризе кколин. Нилъго гIадал гIадатиял, квешлъи бокьуларел чагIи руго ГIизраилалъул халкъалда гъорлъги. Гьезги тIалаб гьабулеб буго хIажат гьечIеб, вахIшилъи цIикIкIараб гьеб би тIейги, гIадамазда гьабулеб зулмуги къотIизабейин Палестинаялдаян.