РухIияб бечелъи кидаго букIана миллат цIуниялъул аслияб шартIлъун. Гьеб кIудияб малалъулъ маданияб ирс ккола гьечIого гIолареб алатлъун, ай цересел гIелаз гIасрабаз гIезабураб ва хадусел кьераз такрар гьабулеб рухIияб ва материалияб хIалбихьиялъул цо хасаб бутIалъун. ГIарабиял ва гIажамиял Маданияб ирсалъул, узухъда, щулияб кьучIлъун ккола жиндалъун кинабго бечелъи цIунизе кIолеб хъвай-хъвагIай. Дагъистаналъул халкъаз бечедаб гIараб...

