Лъималаз бахъараб мультфильм

27 декабралда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда Расул ХIамзатовасул 100 сон тIубаялъул юбилеялде магIарул ва гIурус мацIазда бахъараб мультфильм бихьизабуна. Гьеб хIадурана «Мирадж» абураб «Центр развития для детей с особенностями развития и инвалидов с детства» абураб гIуцIиялъ (АНО).

«ХIакъикъаталъухъе» гьоболлъухъ рачIун рукIана Расул ХIамзатовасул «Эбелалде» абураб кечIги кьочIое босун, мультфильмалъе суратал ра хъарал «Мирадж» централъул цIалдохъабиги, гьезул улбулги, централъул нухмалъулелги.

«Мираджалда» сахлъиялъул рахъалъ загIипал лъимал чияр кумек гьечIого жидецаго жидерго тIалаб гьабизе ругьун гьарула, рукIа-рахъине малъула. Централда гьединал лъималазе творческиял курсалги руго рагьун.

«ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасановас гьалбадерие баркала кьуна ва бицана исана Расул ХIамзатовасул соналъулъ магIарул газеталъ лъураб кIвар бугеб бутIаялъул хIакъалъулъ.

Р. ХIамзатовасул соналде чанго тадбир тIобитIана исана «ХIакъикъат» газеталъги. ЛъагIалицаго хъвана гьесул гIумруялда, творчествоялда хурхарал макъалаби. ХIадурана проектал, гIахьаллъана республикаялда Р. ХIамзатовасул хIурматалда тIоритIулел тадбиразда. Дагьаб цебегIан «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасановасул авторлъиялда гъоркь Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъ бахъараб фильмалъе ва мухбир Шамай Хъазанбиевалъ хъвараб макъалаялъе тIадегIанаб къимат кьуна ТIолгороссиялъулаб творческияб къецалда. Гьединго тIоритIана Расул ХIамзатовасул кучIдул рекIехъе рицунезда гьоркьоб къецги.

Тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул «Центр поддержки гражданских инициатив» абураб гIуцIиялъул хIалтIухъан Жамилат Токашова, «Мирадж» централъул директор Аминат Шамсудинова, централъул творческиял проектал церетIезариялъул рахъалъ директор Элла ХIасанова.

Аминат Шамсудиновалъ бицана магIарул мацIалда мультфильм хIадур гьабиялъул хIакъалъулъ. Мультфильм хIадурулаго ракIалде кканин, тIоцебесеб иргаялда, нилъерго рахьдал мацIалде лъималазул рокьи бижизабизеян.

«Мультфильм бахъизе цебего ракIалда букIана ва, 2022 соналда ДРялъул ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул грантги бергьун, нижеца гIумруялде бахъинабуна «Горизонты будущего» абураб проект. Гьелда рекъон, лъимал суратал рахъизе ругьун гьарулеб арт-студия рагьана ва мульттерапия гIуцIана централда», — ян абуна А. Шамсудиновалъ.

Мультфильмалъе суратал рахъарал лъималазе, «Мирадж» централъул вакилзабазе рахьдал мацI цIуниялъулъ лъураб бутIаялъухъ «ХIакъикъат» газеталъул рахъалдаса баркалаялъул кагътал кьуна бетIерав редактор Темирхан ХIасановас.

«Мираджалъул» лъималаз бахъараб мультфильмалъухъ ралагьизе «ХIакъикъаталда» данделъун рукIана цогидал миллиял газетазул мухбирзабиги.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА