Гьаб соналъ машгьурал маг1арулазул юбилеял

МухIамад-Амин (Асиялов)  (1818-1899)

Гьавуралдаса  205 сон

Чергесиялда Шамил-имамасул наиб, политикияв ва пачалихъияв хIаракатчи, г1алимчи.Гьавуна Гьонода росулъ. Шамил-имамас гьев тIамун вукIана Чергесиялъул наиблъун.

Гьес 11 соналъ нухмалъи гьабулеб букIана (1859) адигазул халкъаз гIурус пачаясде данде гьабулеб рагъуе.

Гьеб захIматаб заманалда гьес живго вихьизавуна гьунар бугев бодул цевехъан ва хIаракатав гIуцIарухъан хIисабалда.