Донецкиялде — васасухъе сапар

Чанго къоялъ васас телефоналъ ахIун бачIинчIеб мехалда, дица гьесул рагъулал гьудулзабазухъе ахIана. Дир телефон борхизе бокьун букIинчIеб къагIидаха гьезие. Щайгурелъул дир вас унтун вугин абизе бокьунгутIиялъ. Дир гьитIинав васас ахIараб мехалда, вацасул рагъулав гьудулас абун буго, нужеца вац рокъове щай вачунаревин, дов унтунги, хIалихъе хIатIазда вахъунчIунги вугин абун. Цинги, щуабилеб къоялъ, васас жинцаго ахIун бачIана, тIаса лъугьайила, эбел, унтун вукIанин дагьавгойилан абун.

Эбелалъул ракI кинха букIинеб СВОялде арав васасул хабар къотIидал. Гьединлъидал къасд гьабуна, хехабго къагIидаялъ аптекабаздеги ун, къваригIанщинал дарабиги кванил нигIматалги росун васасухъе сапар бухьине.

Дун ячIуней йигин рагIидал, цадахъ вугев кIиго рагъулав гьудуласги рокъобе хабар гьабун бугоан жидерго руччабазде, гьалмагъасул эбел ячIуней йигин абун. Цинги гьезги диргун бухьен гьабуна ва россабазе посылкаби ритIана дихъеги кьун.

МахIачхъалаялдаса Ростовалде унеб автобусалда рекIана дун. Гъизляр шагьаралде щвараб мехалда, автобусалда рекIинелъун тIаде вахун вачIарав 50 сонил ригьалде вахарав чи, дида аскIоб бугеб чIобогояб бакIалда гIодов чIана. Щиб-кинилан цIех-рех гьабидал, лъана гьев Шамил районалъул ГIурада росулъа Москваялда гIумру гьабун вугев Жамбулат вукIин. Ростовалде щведал, автобусалдаса рещтIарай дие, чIахIиял сумкабигун йикIаралъул, кумек гьечIеблъиги бихьун, гьес дун босун билетгун рекIинаюна Донецкиялде унеб автобусалда. Руго нилъер жеги иман-яхI бугел гIолохъаби.

Щвана, телевизоралдасан гурони жеги бихьичIеб, Донецк шагьаралде. Гьеб шагьаралда дида рихьичIо рачIунел-унел гIемерал гIадамалги, нилъер шагьаразда гIадин хьвадулел гIемерал машинабиги. Гьениб зодил кьерцин бугоан цо батIаго гIажаибаб, бецIаб, рокьукъаб кьералъул, накIкIул цIураб. Вокзалалдаги къватIаздаги рихьулел рукIана гIицIго рагъулаб форма ретIарал чагIи. Цинги ахIана васасухъе ва цIехана кие ячIине кколейин абун.

— Мун гьание ячIунге, эбел, гьаниб хIинкъи буго, дроналги рукIуна тIасан роржанхъулел. Нижго рачIина дуда данде, гьенийго чIа, — ян кIалъана вас.

— Дие нилъерго гIолохъаби ругеб бакIги, нуж рега-рахъунеб, кваналеб бакIги бихьизе, гьение ячIине бокьун буго, дир вас. Дун гьение ячIине ккола, дир ракI гIодобе буссине ккани, — ян дица абидал, гьесул командирас, старшинаяс лъазабун буго, щиб бицунги эбел гьание йиччагейин, нужго дандеги ун, хехго тIадги руссайин абун.

Гьезухъги гIенеккичIого, дица ба лагьулеб букIана Веселое поселокалде унеб такси. Амма цогIаги таксичиясе бокьулеб букIинчIо дун гьение ячине. Гьез абулеб букIана дуда лъаларогойищин бугеб гьениб бугеб ахIвал-хIалилан абун.

— Лъала, гьебги лъан гурищ дун гьание щвезегIан васасухъе ячIун йигей, — ян жаваб кьолаан дицаги.

— Ниж хIинкъула гьенире ине, нижее жеги рухI хирияб буго, — ян абуна таксичияс.

— Дун ана, цо хинаб бакIги балагьун гIодой чIезе, вас тIаде щвезегIан.

ВачIана вас, рагъулаб машинаялдаги рекIун, гьудулзабигун. Жидерго эбел ячIарайгIанги рохана цадахъ рукIаралги. Нилъерго ватIан тун къватIир щведал, цIакъ бокьула нилъерго чи вихьизеги кIалъазеги. Дир васасулги рохалие гIорхъи букIинчIо.

— Цо нухалда дуда къвал базе щолебанищин вукIана, эбел, дун. Цинги хваниги кIваричIо, — янги абун, васас дида къвал бана. Машинаялда жанир гIодорги чIун, гара-чIварана гьел гIолохъабигун, дирго васгун. Амма гьел гIедегIун рукIана, гьеб сордоялъ гьужумалъ (позициялде) ине кколел рукIун руго. Ярагъ хIадур гьабизеги кколеб букIун батиларищха.

Гьел ана… Вас чIаго, сах-саламат го вихьиялдаса йохунги йикIана, хех го цоцаздаса ратIалъизе кколеб букIиналъ ракIги къварилъана. Амма дир мурад букIана васасда аскIоб цо лъабгогIаги къо базе ва гьезие рокъобго гIадин хинаб квенги гьабизе, бакъвараб бакьги, гьанги тIамун хинкIалги гьаризе. Пайда щиб, мурад тIубачIо.

Амма ракI къварилъиялъ рекIе дацин ятичIо, гьезда цадахъги чIун цо суратгIаги бахъизе.

Гьесда цадахъ руго Алмахъалдаса, Гъуниса, Гъизилюрт, Каспийск ва МахIачхъала шагьараздаса гIолохъаби – микьгоял.

Гьел ругеб поселокалда гьабсагIат буго хIинкъараб ахIвал-хIал. Дунял рукIкIаралдаса гордазда щиб бигъунги, гьел бецI гьаризе кколел руго, жанив чи вукIин лъаларедухъ. Къаси-къасиги къватIире рахъине рес гьечIо, щайин абуни, гьаракь гьечIого роржанхъулел къасисел дро наз рахIат толарого букIун. Гьение посылкаги босун росасухъе щвезе ячIарай цо гIадан, дроналъ речIчIараб жоялъул маххул кесекги щун, хун йиго. Гьединлъидал гьенире риччалел гьечIо, хасго тIаде рачIарал.

Васги гьесул гьудулзабиги жидерго рагъулаб часталде нухаги регIун, дун ана Донецк шагьаралде, диего сордо базе бакI балагьизе. Цо остановкаялда чIарай кIудияй гIаданалда цIехана гьаниб гIагарда гостиница киб бугебилан. Гьелъ дида бичIчIизабуна кие ине кколеяли. Щибго бичIчIичIей дун ялагьун чIедал, гьелъ цIехана киса ячIарай гIаданилан абун. Дун тIоцее щолей йигин гьание, васасухъе ячIарай йигин дица абидал, гьелъ абуна, гьеб батIияб иш бугин ва жинда цадахъ йилълъайин абун. Цадахъ шагьар сверана нижеца, дие гостиницалда чIобогояб номер балагьулаго. Рагъул гIахьалчагIи гьенир гIемер рукIиналъ, гIемерал гостиницабазда бакIал гьечIоан, ахиралда батана цо номер ва гьений дунги парахат гьаюн гурони Ольга рокъое инчIо. Гостиницаги бугоан цIакъ квачараб, гьечIоан отопление, бухIараб лъим. Гьеб гьабулеб бакIал кьвагьизарун ругилан бицана, гьелъул хIалтIухъаби жалгоги ругоан квачан холел.

Сордо рогьинегIан бер данде бачинчIо. Макьуги кин щолеб, къаси гIадаб квачарал сардаз хандакъаз да жанир сардал разе ва салги ну харегIун. РогьинегIан ра гIулеб бу кIана рехулел бомбабазул ги, кьвагьу лел гIарадабазулгун пуле ме та зулги гьаркьал, гьебгиха — гIинда нахъа бугеб гIадин.

Кидадай сордо рогьинаян йикIарай дун, рогьалилъ гъапуллъун ккун ятана. ТIуркIун йорчIизаюна дие кумек гьабурай дой Ольгал телефоналъул ахIиялъ. Жий ячIуней йигин абуна гьелъ мун рокъое регIизе. Гьей гIурус миллаталъул гIаданалъ, эбелалъ яс нухда лъолей гIадин, йитIана дунги сапаралъ. Автобусалде дунги яхун, гьеб багъаридал гурони гьей нахъе инчIо. Нижер лъикIаб гьудуллъиги ккана. Ва риидал Дагъистаналде гьоболлъухъ ячIине гьелъ рагIиги кьуна.

Ростовалде ячIунаго, ахIун бачIана ГIурадаса Жамбулатица, щиб ккарабин, нух битIанищин абун. Дицаги бицана ккара-тараб ва абуна тIадюссун ячIуней йигилан. Гьес абуна жив духъ балагьун чIезе вугин абун. Москваялде рекIине босараб билетги нахъе кьун, гьев ватана дида автовокзалалда, къаси сагIат ичIгоялда бугеб автобусалъе ахирисеб билетги босун. Гьенивги, дун автобусалда рекIинаюн, гьеб багъарун хадуб гурони гьев нахъе инчIо. Гьелде тIадеги, дие нухда кваназе жо босунги вачIана.

Аллагьас сахлъи кьеги гьединал сахал гIолохъабазе.

Гьарула нилъер гIолохъабазе сахлъи, улбузе сабру, сах-саламатго жидерго хъизамазухъе бергьенлъабигун тIадги руссаги гьел.

Рукъият ГIАЛИСУЛТАНОВА