ВДНХаялда нилъер бечелъи

Гьал къоязда Москваялда, ВДНХялда тIобитIулеб бугеб «Россия» халкъазда гьоркьосеб
выставка-форумалда гIахьаллъи гьабулеб буго Дагъистаналъул вакиллъиялъги. Гьениб,
анкьабилеб декабралда тIобитIана Дагъистаналъул къо. Тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул
бетIер Сергей Меликовги х1укуматалъул цо-цо вакилзабиги. «Россия в миниатюре» абун
цIар лъуна гьес гьеб къоялъ ВДНХялда букIараб республикаялъул цебелъеялда. «Россия-
24» каналалъул хIалтIухъаналъе экскурсияги гьабуна Дагъистаналъул стендалда цеесан
свериги бахъулаго.
Выставкаялда бихьизабуна экономикаялъул, нухал раялъул, социалияб рахъалъул, лъай
кьеялъул, туризмалъул ва спорталъул рахъалъ республикаялъул ругел церетIеял.
Халкъазда гьоркьосеб выставкаялде рачIаразе рес букIана Расул ХIамзатовасул
творчествоялъулгун лъай-хъвай гьабизеги, Дагъистаналъул халкъазул батIи-батIияб
махщалил тIагIелал рихьизеги.
Дагъистаналъул выставка ВДНХялда бихьизабуна Дербенталъул НекIсияб хъалаялъул
сипат-сураталда.
ЦохIо Россиялъул регионаз гуребги батIи-батIиял компанияз ва жамгIиял идарабаз
гIахьаллъи гьабуна тадбиралда.
ВДНХялда бугеб выставка-форум халат бахъине буго т1адеялъул 12 апрелалде щвезег1ан.
Гьелъул х1акъалъулъ нижеца гIатIидго хъвазе буго газеталъул хадусел номеразда.
А. Юсупов