Гьаб соналъ машгьурал маг1арулазул юбилеял

Хандиев МухIамад  (1818-1861)

Гьавуралдаса  205 сон

 

МагIарул мацIалъул грамматика ва словарь хъварав гIалимчи, педагог.

ГIажаибаб бук1ана МухIамадил гIумруги.

Бесдаллъараб хъизамалъ гIумруялда жаниб гIемераб жо хIехьезе ккана. Гьединлъидал МухIамадил лъимерлъи букIана захIматаб. Амма гьев вукIана къохIехьолев, къвакIарав вас. МухIамадица хьихьулаан боцIи, бекьулаан хур, жигаралда гьабулаан рукъалъул магIишат. МухIамадил гIумру данде ккана Кавказалъул рагъул заманалда.