ЧIагояб гара-чIвариялъ чIаголъи кьеялде хьул буго

29 ноябралда «Дагъистан» РГВКялда тIобитIана ДРялъул бетIерасул иргадулаб рагьараб эфир. Лъабгониги сагIаталъ гIадамазул суалазе жавабал кьуна Сергей Меликовас. Рукъалда аскIор ругел бигьародул гъутIби къотIиялдаса байбихьун ЦIияб сонил байрамалде гIунтIун батIи-батIиял суалал кьуна дагъистанияз. РукIана гьезда гьоркьор республикаялъего кIвар
бугелги кьечIого тани, къварилъи гьечIелги. Бокьун буго нижеда кIвар бугеллъун рихьарал суалал рехсезе.

«Россеталъул» концерт чIалгIун буго 
Республикаялъул цониги шагьар яги росу батиларо, токалъул масъалаялъ ракI унтизабичIеб. Гьелда бан кьураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна С. Меликовас: «ТIоцебесеб иргаялда кIвар буссинабизе ккола токалъул мухъалда ккараб къварилъи тIагIинабиялъул хъулухъалде. Гьелъул хIалтIи камил гьабиялде бербалагьи цIикIкIинабуна 2021 соналдаго ва гьанже, токалъул квар тIуниги, трансформатор бухIаниги, гьеб иш рукIалиде ккезабула къокъаб заманалда. Цебе кIиго-лъабго къоялъги къачIачIого толеб букIун батани, жакъа гьелъие хIажалъула цо чанго сагIат.
«Россети Северный Кавказ» абураб идараялъулгун къотIи гьабун буго СКФОялъулги ЮФОялъулги регионазда хасал бригадаби гьанирго рукIине ккеялъул хIакъалъулъ. Къварилъи ккараб бакIалде хехго ритIула гьел.
КIиабилеб. 2021 соналдаса байбихьана трансформаторал, токалъул кварал хисизе. 2022 соналда гьеб хIалтIи гьабуна мугIрузул районазда. Газ гьечIеб росулъ токги свараб мехалда, балагь рещтIараб хIисаб букIуна. 2023 соналда ракIалда букIана гьебго хIалтIи МахIачхъалаялда ва цогидал шагьараздаги гьабизе, амма гIарцул рахъалъ гьелъие рес кьечIо. Улкаялъул
президентасулгун ва федералиял министерствабазулгун гьарурал дандчIваяздаса хадуб гьелъие гIарац щвана ва жакъа гьеб хIалтIи гьабулеб буго. Лъабабилеб масъала – кIудияб къуваталъул токалъул кварал хиси. Гьеб буго 2027 соналде щвезегIан гьабизесеб хIалтIи. РакIалда буго 2030 соналде щвезегIан гьелъул болжал цIикIкIинабизе. Гьеб программаялъе хIажалъула гIемераб гIарацги заманги».

ГIемертIалаял минаби ва сверухълъи 
МахIачхъалаялъул Элза Ибрагьимовалъул къотIноб бугеб №27 «б» минаялда гIумру гьабулел гIадамаз борхана азбаралда санагIат гьабиялъул масъала. Гьединабго хIал батила тахшагьаралъул гIемерисел къватIаздаги. Масала, сакъатай гIадан, инвалидазул гьакида гурони
къватIие яхъине рес гьечIей Сабрина ГIалиевалъги паратхеквондоялъул рахъалъ Россиялъул анлъцIул чемпионка Сакинат МухIамадовалъги Меликовасда бицана, шагьаралъул
къватIазул ахIвал-хIалалъ жидее гьарулел квекIеназул хIакъалъулъ. Мина балев чияс гьелда сверухъ бугеб бакIалда гIадамазе санагIалъи гьабизе кколин абуна С. Меликовас.
«Ставрополалда цониги хIакимас гъулбасунаро, инвалидазеги лъималазеги санагIатаб азбарги къватIги гьечIеб бакIалда бараб мина къабул гьабиялъул документалда гъоркь.
Нилъеразул яхI-намус макьидаса борчIизабизе кколеб бугоха! Гьанже хIадуризе ва къабул гьабизе ккела гьел масъалаби тIураялъе квербакъулеб хасаб закон», — ан абуна гьес.
БакIал раялъул бутIаялда масъалаби гIемерлъизарулел руго байбихьудасаго законалъул тIалабал сан гьаричIолъиялъ. Ихтияр гьечIого ккураб ракьалда, изну кьолел документал щвелалдего, балеб буго мина. Проект-смета букIунаро, щуго тIала базе ихтияр кьураб бакIалда
бала 10 тIала ва тIадеги – мансарда. ГIадамаз кьураб гIарац, пачалихъияб бюджеталъе мукъсанаб бутIаги кьун, рещтIуна намус гьечIел застройщиказул кисиниб. Дагъистаналъе кутакалда кIвар цIикIкIараб ва масъалаби гIемераб буго гьебанги абун, С. Меликовас ракIалде щвезабуна РосКапСтрой (Россиялъул БакIал раялъул министерствоялъул бутIа) абураб идараялъул 2020 соналда халгьабураблъи. Гьеб мехалда Дагъистаналда батана изну гьечIого
бараб 457 гIемертIалаяб мина. «Гьелеха масъалабазул гIомогороялъул кьучI. Генералияб планалда рукIарал минабазда рекъон кьолеб букIараб токалдеги, лъималдеги, коммуналиял хъулухъаздеги кколеб буго тIадецуй ва гьелъул хIасилалда ккола батIи-батIиял къварилъаби», —
ян бицана Сергей Меликовас.

Нухал ва цогидабги 
Къокъго рехселин гIадамазул суалазе ДРялъул бетIерас кьурал жавабал.

— Тахшагьаралда бугеб Шамил имамасул цIаралда бугеб проспект къачIазе ккеялъул гIемер бицунеб буго. Гьелъул хIакъалъулъ мухIканго бицине буго 2024 соналда.

— СВОялда ругел ва ковидалдегун рахунел унтабазде данде къеркьолаго жигарчилъи загьир гьабурал гьоркьохъеб даражаялъул медицинаялъул хIалтIухъабазе (медсестра, медбрат) хасаб шапакъат букIине ккела. Гьелда тIад ургъизе руго.

— Живго цохIо гамидаги рекIун, кIицIул дунял сверарав машгьурав ралъдахъан Евгений Гвоздевасул 90 сон тIубай кIодо гьабизе буго. РакIалда буго гьесул цIаралда яхтазул клуб рагьизеги.

— МахIачхъалаялда сверухъ ругел поселоказда канализация гьабизе ккеялъул суал битIараб буго
ва гьеб тIубазабизе ккола. Гьеб мурадалда гIумруялде бахъинабулеб буго МахIачхъалаялъул коллектор къачIаялъул проект. Хадуб цIигьаризе руго чороклъиялдаса лъим бацIцIад гьабиялъул бакIал. Гьеб мехалда байбихьила тахшагьаралъулги сверухъ ругел поселоказулги канализациялъул масъала тIубазе.
— ЖамгIияб транспорт – кIвар бугеб масъала буго. Гьеб тIубазеги буго.
— Социалияб такси. ДРялъул бетIерас рагIи кьуна гьелъие жеги 10 машина босизе.
— ГIемерал муниципалитетазда гIадамазе щолеб гьечIо бацIцIадаб лъим. Дагь-дагьккун гьеб масъала тIубалеб бугин бицана регионалъул бетIерас.
— МахIачхъалаялда бугеб Тбилисская къотIноб бан бахъараб мина биххиялда бан, С. Меликовас абуна: «Бульдозералда гъоркь егарай чIужугIадан – гьеб дица рикIкIуна застройщикас ургъараб хIиллалъун. Гьедин гьабизе бегьуларо! Ордер щвелалдего, гIадамал риччазе бегьулароан гьеб минаялъуре. Изну гьечIого бараб мина буго гьеб. Изну гьечIого гIумруги гьабулеб буго гьениб гIадамаз. Щибха гьабилеб? ГIемерисез абулеб буго гьеб мина биххизе кколин, гьеб базе ихтияр кьурал жавабчилъиялдеги цIан. Дирги буго гьединабго пикру. Гьединлъидал жакъа ниж
хIалтIулел руго прокуратурагун. Гьересиял кагътал кьурал гIадамазе гIадлу гьабизе буго.
Гьеб суал дандбана шагьаралъул мэрасулгунги. Ургъулел руго гIадамазул гIарац бецIиялда яги гьезие батIияб бакIалда рукъзал кьеялда тIад. Гьел гIадамазда лъалаан, мина базе ихтияр кьолел документал гьечIеблъи. Гьез хитIаб гьабизе кколаан низам цIунулел идарабазухъе яги ЦУРалде (регионалъе нухмалъи гьабулеб централде). Законалда рекъон гьабизе ккола кинабго хIалтIи.

ДРялъул бетIерасул рахъккола 
ДРялъул бетIерас халкъалъулгун гьабураб гара-чIвариялъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна нижер редакциялъе муниципалитетазул бутIрузги жавабиял хIалтIухъабазги.
Болъихъ районалъул бетIер Руслан ХIамзатов: «ДРялъул бетIер Сергей Меликовасулгун букIараб чIагояб гара-чIвариялда рорхана республикаялъул гIадамазе кIвар бугел ва чара гьечIого тIуразе кколел масъалаби. Гьезда гьоркьор рукIана токалъул, нухазул, МахIачхъалаялда ран ругел гIемертIалаял минабазул ва цогидал суалал. Хьул буго гьел тIуразариялъе нухал ратиялде ва республикаялъул министерствабазгун ведомствабаз халкъ разияб хIалалда гьеб хIалтIи гьабиялде. БукIана гьениб нижер районалъул ГIанди росулъ лъималазул ах баялъул суалги. Гьеб буго хIакъикъаталдаги чара гьечIого хIажатаб иш: кIудияб росдае гIолеб гьечIо гьитIинаб лъималазул ах. ГIемерисел лъимал школалде хьвадизе байбихьула лъималазул ахикь щвезе рес бугеб лъайги гьечIого. Гьединал лъималазе захIмалъула цIалуда хадур гъезеги, классцоязда гьоркьор хьвадизеги. Хьул буго гьеб масъала тIубаялде».

БежтIа участокалъул бетIерасул ишал тIуралев Шамил Арадахов: «Токалъул, сахлъи цIуниялъул, сверухълъи берцин гьабиялъул, цIиял социалиял бакIал раялъул, нухазул ва жеги гIемерал суалал рорхана гIадамаз гьеб чIагояб гарачIвариялъул заманалда. Дица абила: гьеб букIана пайдаяб гара-чIвари. Нилъеда бихьана республикаялъул бетIерасда лъугьа-бахъунеб жо лъалеб букIин, масъалаби тIуразаризе гьев хIадурав вукIин. Гьабун бажаруларебги гьабизе
бугин чIобогояб рагIиги гьес кьечIо. Щибаб хIужаялъул бицана мухIканго, чIванкъотIун, бугеб ресги хIисабалде босун. Масала, руго масъалаби, гьабсагIатго тIуразаризе рес бугел, руго гьелъие цIикIкIараб заман хIажалъулелги. ХIакъаб жо – республикаялъул цебетIеялъе кIудияб кIвар бугел суалалги масъалабиги тIоцебесеб иргаялда тIуразаризе хIаракат бахъулеб буго гьес.
Жакъа нилъ руго парахатго, жинди-жиндир рокъор чIун. Гьединаб рес кьолеб буго нилъее СВО-
ялда кьалул коронир къеркьолел ругел нилъер бахIарчиял гIолохъабаз. Щивасда лъала, рагъда чIварал бахIарзазул цIарал даимлъизаризеги гьезул хъизамазеги С. Меликовасул
хIаракаталдалъун кумек гьабулеб бугеблъи. Гьеб рахъалъ дица тIубанго рахъккола Сергей Меликовасул политикаялъул. ГIадамаз кьурал суалазул рахъалъ абуни, щивас суал кьола жиндир ракIалъул тIалабалда рекъон. Щиб тIалаб гьабулеб бугеб щивасул ракIалъ – гьеб бараб буго батIи-батIиял гIиллабазда. Рукъалъул кIалтIа бугеб гъветI къотIийищ кIвар бугеб яги росулъе лъим, газ бачин ва нухал гьарийищ – гьеб тIаса бищула щивав чияс жинцаго.
Гьенир рехсарал масъалаби хасиятал руго БежтIа участокалъеги. Хьул буго, ДРялъул бетIерасулги, ДРялъул хIукуматалъулги ва ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги цадахъаб хIаракаталдалъун рехсаралги гьоркьор хутIаралги масъалаби тIуразариялде».

ДРялъул бетIерасул кумекчи МухIамад ХIажимухIамадов:
«Республикаялъул бетIерас рагьараб эфир тIобитIи дица лъикIаб ишлъун рикIкIуна. Бихьулеб буго, С. Меликовас халкъалъул тIалаб гьабулеб букIин, гьезул пикруялъухъ гIенеккулев вукIин. АнцIго суалалда гьоркьоса щугониги тIубазе ресги батизе бегьила. Гьединлъидал, дир гьари буго, цоцаца какулел рукIинчIого, гъункун, цолъун, бажарараб кумек гьабейин абураб. Нилъерго Дагъистанги, мацIги, гIадатги цIунизе, нилъ рукIине ккола цолъун. Нилъер умумузул букIараб вацлъи-цолъи кIочене бегьуларо. Гьез малъухъе хьвадани, нилъер иш битIун ккезе буго.
Жакъа дун ун вукIана нилъер муфти АхIмад-апандиясухъе. Гьес гьоболлъухъе ахIун букIана Палестинаялдаса лъутун рачIарал гIадамазул къокъа, къварилъиялда ругел нилъер диналъул вацал. Муфтиясухъе щведал, хIикмалъун хутIана гьел. Гьез абулеб букIана Ал-Акъса мажгиталде щвараб гIадаб хIисаб бугин жидер ракIазулин абун. Гьаб щиб бакI, жидеда бичIчIулеб гьечIо, кире рачун ругелалиян гьарана гьез дида. Дица бицана, Дагъистаналъул муфтиясул рукъ бугин гьабин абун. Бицана, муфти гуребги, АхIмад-апанди шайихги кколин, дагъистанияз кутакалда
адаб-хIурмат гьабулев устарги вугин абун. Гьеб мехалда гьез Аллагьасе щукру гьабуна, гьедигIан кIудияб даражаялъул чиясухъе щвезе жидее рес кьуралъухъиланги абун. Муфтиясухъе гьалбал рачиналъе кIудияб кумек гьабуна ДРялъул бетIер Сергей Меликовас. Ругеб бакIалдаса бокьухъе къватIире риччаларо дол. АхIмад-апандиясухъе щвезе ихтиярги кьуна гьезие С. Меликовас, гьел досухъе рачине машинабиги кьуна, гьезда цадахъ, щиб кканигиян абун, полициялъул машинабиги ритIана. Палестинаялдаса 250 чи вачIун вуго Дагъистаналде. Республикаялъ
гьезие гьабулеб буго бажарараб кумекги. Дун ун вукIана дове, Палестинаялъе рахIмуялъул кумекги босун, республикаялъул вакил хIисабалда. Гьезги нилъее кIудияб баркала кьуна,
жидее дугIа гьабеян гьарана». 

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА