Халкъалъ гьабула газета

Газеталъул хIалтIул кIвар бугеб бутIалъун ккола магIаруллъиялъул ва магIарулазул гIумру бихьизаби, газета цIалулезулгун бухьен кквей, подписка гIодобе ккечIого букIиналъе ресал ралагьи. Гьеб ишалъе квербакъиялъе гьаб заманалда руго гIемерал ва хехго бокьараб мурад тIубалел техникиял алаталги. Амма щибго бахунаро чIагояб хабаркIалалде, рагьараб гара-чIвариялде, эркенал дандчIваязде. Гьединлъидал, кутакалда кIвар бугеблъун ккола районазде ва росабалъе сапарал гьари, гIадамалгун дандчIвай.

Исана нижецаги гьабуна чанго гьединаб сапар. ТIоцебесеб букIана Гъуниб районалде.

Ахирал соназда газеталъе подписка гьабиялъул иш гьениб беццизесеб хIалалда букIинчIо. Районалъул бетIер Расул ХIусеновасулгун букIараб дандчIваялда, гьес битIараблъун рикIкIана газеталъулгун бухьен цIикIкIинабизе ккей ва рагIи кьуна подпискаялъул рахъалъ бугеб ахIвал-хIал хисизабизе.

Хунзахъ ва Унсоколо (гьезда цадахъго Шамил, ЦIумада ва Гумбет) районал ккола газеталъулгун лъикIал бухьеналги ва гьелъие подписка гьабиялъул рахъалъ цебесеб кьердаги ругел районал. Хадусеб соналдаги гьедин букIине бугеблъиялда нижер ракI чIезабуна районазул бутIрул НурмухIамад Задиевас ва ГIиса НурмухIамадовас.

Жибго кIудияб гьечIониги, гIезегIан къадар газетазул уна ГIахьвахъ районалде. Гьедин букIиналъе исанаги квербакъана районалъул бетIер МухIамад МуртазагIалиевас, гье динабго божилъи гьабуна гьес хадусеб соналдеги.

Болъихъ буго кIудияб район, амма гIадамазул къадаралда рекъараб букIинчIо подписка. Администрациялда букIараб данделъиялда, районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас ва гьесул хIалтIухъабаз тIаде босана гьеб суал рукIалиде бачине, кьуна гьелда рекъарал тIадкъаялги.

Хьаргаби буго подписка гьабиялъул рахъалъ магIарул районазда гьоркьоб гьоркьохъеб бакI кко леб район. Районалъул бетIер МухIамадгIали ТIагьировас бегьулеблъун рикIкIинчIо гьединаб хIал ва тIаде босана гьеб хисизабиялъул иш.

ЛъикIаб къадаралда подписка гьабулеблъун ккола Гъизилюрт район. Кьураб рагIи ккуна ва исанаги къадар дагьлъизе течIо районалъул бетIер Рустам Татархановас. ТIасияб соналдаги гьедин букIиналда щаклъи гьечIо.

ГIага-шагарго гьединабго ахIвалхIал буго Казбек районалдаги. Хадусеб соналдаги гьеб рахъалде кьолеб кIвар букIин нижеда бихьана гьенибе гьабураб сапаралдасанги.

ГIабаш ГIабашилов