Гьаб соналъ машгьурал маг1арулазул юбилеял

Ахъбердил МухIамад  (1803-1843)

Гьавуралдаса  220 сон

Шамил-имамасул тIоцевесев мудир, маг1арул бахIарчияв бодул цевехъан.

Цеве вукIарав кIиявго имам ГъазимухIамадидаги ХIамзатбегидаги цадахъ къеркьарав гьалмагъ вукIана гьев. Шамил-имам чIаго вукIагоги, гьев хисизе вугев чийилан абулаан гьесда. Щайгурелъул гьев рикIкIунаан имамасул кваранаб кверлъун ва Имаматалда Шамилидаса хадув кIиабилев чилъун. МагIарулаз гьесда абулаан Ахъбердил МухIамадин, яги Ахъбердилавилан.

Гьесие щвана лъикIаб лъайги гIакълуги, цIалана ГьаракIуниса СагIид, ХIариколоса Лаченилав, тIоцевесев имам ГъазимухIамад гIадал цIар арал гIалимзабазухъ. Ахъбердиласда лъикIго лъалаан магIарул, гIараб, лъарагI ва чачан мацIал.

Кавказалда муридазул багъа-бачари баккидал, гьев лъугьана гьелъул рахъ кколев ва муридазул иш цебехун бачиналъул жигарчилъунги. Ахъбердиласе кIудияб асар гьабулаан ГъазимухIамадил вагIзабаз. Гьев чIван хадуб гьес ХIамзатбег-имамасулги рахъ ккуна.

Амма гьесие машгьурлъи щвана Шамилил заманалда, бищунго кIудияблъун кколеб ГьитIинаб Чачаналъул мудирлъун гьев тедал.