Гьаб соналъ машгьурал маг1арулазул юбилеял

ГьаракIуниса СагIид  (1763-1834)

Гьавуралдаса 260 сон

Г1алимчи, сиясатияв хIаракатчи, шигIир ва педагог.

СагIид вукIана гъваридаб лъаялъул инсан. Гьесда лъалаан гIараб, парс, турк мацIал. Гьесухъ цIалулел рукIана лъабавго имам — ГъазимухIамад, ХIамзат-бег ва Шамил; гIалимзаби — Ярагъиса МухIамад, Игьалиса СагIид, Къарахъа МухIамадтIагьир, Гьолокьа Даитбег, Хъваршиса Загъалав, Эндиреялдаса Ташав ХIажи, Хунзахъа НурмухIамад, Яхсаялдаса Юсуп, Ахтиялдаса МирзагIали, Гъазданущиса ГIабдурахIман ва цогидалги. СагIидица кьолаан гIараб мацI, мантIикъ гIелму, философия, фикъгьи.