ГIумруялъул хIасил

Заман щведал, щивав чияс гьабулеб батила жиндирго гIумрудул хIасил. Гьеле гьединаблъун, ай хIасилал гьарулеблъун букIана араб сон ЦIумада районалъул больницаялъул педиатр, лъималазул отделениялъ[1]ул нухмалъулев ГIисматулагь Бадрудиновасеги.

ДГМИялъул педиатрияб отделениеги лъугIизабун, 1975 соналда гIолохъанав махщелчи хIалтIизе витIула Челябинск шагьаралде, участкаялъулав педиатрлъун. ЛъагIалица гьенивги хIалтIун, вачана Буйнакск шагьаралъул участковияв педиатрлъун хIалтIизе, жеги лъагIалидасан – гIагараб районалде. 1977 соналдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан гьенив хIалтIулевги вуго.

ХIалтIуде вачIун щуго-анлъго соналдасаго ккарал лъикIал хиса-басияз вохизавуна ГIисматулагь. ТIаса бищараб махщалидаса рекIекъ лъиялъул асар цо минуталъги ккечIо хIалтIуда араб 46 соналда жаниб.

Медицинаялъул прогресслъун тохтур ГIисматулагьица рикIкIуна педиатрия. Чанги ккана гьесул захIматалъулаб гIумруялда лъимал гьарулеб рокъосанго лъималазул отделениялде гьитIичал ккеялъул, тIоцересел галаби гьенир росиялъул, тIоцересел рагIаби абиялъул хIужаби. Лъималазул рекIел хIал бичIчIуларев чи гьезул тохтурлъун вахъине кколарин рикIкIуна гьес. Бигьаяб иш гурелъул кколеб, уколазукьа хIинкъулел лъималазе цохIо тохтурлъи гуребги, психологлъиги, мугIалимлъиги, артистлъиги гьабизе. Педиатрасул кидаго вукIуна кIиго унтарав – лъимер ва гьесул эбел (эмен, кIодо). Гьезиеги бицине кколелъулха, лъимадуего гIадин, мацI; бичIчIизабизе ккола лъимадул бугеб ахIвал-хIал, гьаризе ккола малъа-хъваял.

Гьедин хIалтIулаго араб щугоанцIго соналдасан лъалаго хисана хIалтIул хIасилги лъималазул отделениялъул жанисеб рахъги. Дида ракIалда буго ниж, байбихьул классазул цIалдохъаби, ГIисматулагь МухIамадовичас гIуцIараб «Малыш» музыкалияб ансамблялда гIахьаллъулел ва унтаразда цере рахъунел рукIараб мех. Цониги байрам унароан, унтаразда цере ниж рахъинчIеб. Кинаб рохелха букIунеб букIараб унтарал лъималазулгицин, живго ГIисматулагьица аргъанги хъван, кечI ахIизе яги кьурдизе рес щвани. Чанго нухалъ  «Малыш» ансамбль цебебахъана республикаялъул телевидениялдасанги.

1985 соналда гIолохъанав педиатрасе кьуна «ДРялъул мустахIикъав тохтур» абураб тIадегIанаб цIар ва тIадегIанаб категория.

Республикаялда лъабгоги букIун батиларо больницаялъул отделениялда лъималазул майдан бугеб бакI. Гьединаб бакIин абуни букIана ЦIумада райбольницаялда.

Анлъго бетIерав тохтур хисана, ГIисматулагь райбольницаялда хIалтIулаго. Гьезул щивас хIаракат бахъана больницаялъул гьумерги жанисеб рахъги лъикIлъизабизе ватана хадур рачIунезе мисалалъе хутIуледухъ лъикIал лъалкIал. Жакъасев нухмалъулев Хейрул-Анам Дибирасулаевасги кIвар кьола лъималазул отеделениялде ва хIажатабщинаб чIезабиялде.

1985 соналда, гIагараб больницаялъул коллективалъулго гIадин, курсцояй Такибат МахIмудовалъулги кумек-квербакъиялдалъун бараб лъималазул городокалъе араб соналъ кьуна ГIисматулагь Бадрудиновасул цIар. РикIкIен гIемерал гьудул-гьалмагъзабазги пишацоязги ракI-ракIалъ баркана гьесда гьеб рохалилаб лъугьа-бахъин.

ЛъикIаб къимат кьуна районалъул педиатриялъе кьучI лъуразул цоявин абизе бегьулев ГIисматулагь-дацил ракIбацIцIадаб хIалтIуеги. ЛъикIал кIалъаял гьаруна гьенир гIахьаллъараз, баркалаялъул рагIабиги абулаго, гIемераз ракIалде щвезабуна гьеб отделениялда жидецаго бараб заман. Лъималазул отделениялда цебе рагьараб лъималазул городок ккола ГIисматулагьицаги гьесул коллективалъги жидеего бараб ва ирсилазе нахъе тараб чIагояб памятник.

Хадижат ЗАЛИМХАНОВА, ЦIумада район