Хъизан – жамгIияталъул аслу

2023 соналъул 22 ноябралда Россиялъул президент В. Путиница бахъараб указалда рекъон, 2024 сон лъазабун буго Хъизамалъул  лъагIеллъун . Гьелъул аслияб масъала ккола хъизамазда сверухъ гьабулеб пачалихъияб политика жеги лъикIлъизаби, лъикIал гIадатал гIатIид гьари. Гьединлъидал «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ исана кIвар буссинабизе буго республикаялъул, хасго магIарулазул хъизамазул бугеб ахIвал-хIал лъазабиялде ва гьелъул хIакъалъулъ газета цIалулезда бицине.

Щибаб хъизамалда щулияб цолъи бугони, гьеб ккола нилъер республикаялдаго роцIараб гIумру букIиналъе кьучIлъун ва гIумруялъулго бечелъилъун. Жакъа, кинабго рахъалдасан заманаялъ кьолел хIинкъаби ругеб мехалда, хъизан, гьелъул тIабигIат ва гIамал щула гьаби аслиял масъалабазул цояблъунги кколеб буго.

ГIумруялдаго цадахъ хъизамалъул хIажалъабиги хисула. Цин бокьула мина букIине, хадуб хIажалъула машина, хIухьбахъи гьабизе рес. Лъимал гIедал, бокьула гьезул гIумру берцин гьабизе.

ГIадада гуро Россиялда хъизамалъул тIабигIаталда хурхарал байрамалги гIемер ругел:

15 май — Халкъазда гьоркьосеб Хъизамалъул къо.

10 апрель — Вацазул ва яцазул къо.

25 апрель — Ясазул къо.

Октябралъул лъабабилеб гIодобкъо — Инсул къо.

8 июль — Хъизамалъул цолъиялъул ва цоцазе ритIухълъиялъул къо.

1 октябрь — Ригьаразул къо.

Ноябралъул ахирисеб гIодобкъо — Эбелалъу л къо.

22 ноябрь — Васазул къо.

22 ноябрь — Васазул къо.

22 декабрь — ТIолгороссиялъул эбел-инсуе «ГIумруялъухъ баркала» кьеялъул къо.

Бихьулеб букIахъе, хъизамалъул щулалъиялде улкаялда кIудияб кIвар кьолеб буго.

Хъизамалъул сон официалияб къагIидаялда рагьизе буго 19 январалда ВДНХялда тIобитIулеб бугеб «ГIагарал-хириял» абураб ТIолгороссиялъул хъизамазул форумалдалъун.

Ахирисеб переписалъул баяназда рекъон, Россиялда буго 42 млн хъизам. Гьезда гьоркьоса 6,65 млн хъизамалда буго кIиго лъимер, 15,5 млн хъизамалда — цо лъимер, 1,7 млн хъизамал рикIкIуна лъимал гIемераллъун.

2021 соналда тIобитIараб гьеб переписалъул хIасилалда баянлъана, Россиялда цо чиясдаса гIуцIарал хъизамал рукIинги. Гьединазул къадар бахуна 27,6 миллионалде. Гьеб рахъалъ нилъеца нахъа тун руго Европаялъул пачалихъалцин. Гьаб гIасру байбихьаралдаса гьединал хъизамазул къадар цIикIкIун буго кIиго нухалда, ай 22,3 проценталъ.

2002 соналда тIубарал хъизамазул къадар букIараб батани 39,7 процент, 2021 соналда гьезул къадар гIодобе ккана 20,7 проценталъ.

Россиялда буго 2 256 626 лъимал гIемераб хъизам, гьезул руго 7 413 580 васалгун ясал.

Цогидал республикабазда, краязда, областазда гьоркьоб Дагъистан босани, нилъер гьеб рахъалъ ахIвал-хIал гIемерго лъикIаб буго. 117 771 хъизам буго гIемерал лъимал ругеб. Масала, 5-7 лъимер бугеб 7618 хъизам буго. Гьеб рахъалъ нилъералдаса лъикIал хIасилал руго гIицIго Ингушетиялъул.

8-10 лъимер бугеб 109 хъизамги буго Дагъистаналда.

Зикрула ИЛЬЯСОВ