Ополчение чӀаго буго

Исана 25 сон тӀубала Дагъистаналде кIанцIун рукIарал халкъазда гьоркьосел террористазда тӀад бергьенлъи босаралдаса. Доб заманалда ахӀичӀого вачӀарав «гьоболасда» кьварараб дандчӀвай гьабуна нилъер халкъалъ. Щибаб районалда гӀуцӀун букӀана ополчениялъул штаб. Масала, Казбек районалда ополченцазул хӀаракат байбихьана 1992 соналдаго. Гьелъие гӀиллалъун ккана гӀорхъабазда ахӀвал-хӀал хӀалуцараб букӀин. Доб заманалда ополчениялда вукӀана 2016 доброволец. Ополченцазул штабалъе нухмалъи гьабуна ва жакъаги гьеб ишалъулъ кӀудияб жигарчилъи загьир гьабулеб буго Муса Азаевас.

1999 соналда РФялъул премьерминистрасул ишал тӀуразарулев вукӀарав Владимир Путин вачӀун вукӀана Дагъистаналде. Гьениб тӀобитӀараб гьитӀинабго данделъиялда, ополченцазул хӀаракаталъе тӀадегӀанаб къиматги кьун, гьезул сахлъиялдасан абун борхараб лълъар гьекъечӀого тана В. Путиница. «Нилъер ихтияр гьечӀо цо секундалъниги чучлъизе. Цо секундалъниги! Нагагь нилъ тамахлъани, ватӀаналъе гӀоло гӀумру кьурал нилъер бахӀарчиял рагъухъабазулги ополченцазулги хӀаракат хӀуруде буссуна, гӀададисеблъун лъугьуна. Гьединлъидал дица абила: нилъеца гьезул хӀурматалда гьекъела, амма жакъа гуребха», — ян абуна гьес.

КӀиабилеб нухалда В. Путин республикаялде вачӀана халкъазда гьоркьосел террористаздаса бергьенлъи босаралдаса 20 сон тӀубан хадуб – 2019 соналда. Щвана гьев Болъихъеги ва дандчӀвана 1999 соналда террористазда данде къеркьарал ополченцалгун. Болъихъ бараб БахӀарзазул памятникалда цере тӀугьдулги лъуна гьес. Ополченцазда гьоркьов вукӀана Казбек районалъул Спортивияб школалъул директор ва ополчениялъул штабалъул директор, эркенаб гугариялъул рахъалъ СССРалъул спорталъул мастер, ЗахӀматалъул Халкъияв БахӀарчи Муса Азаевги. Доб дандчӀваялъул хӀакъалъулъ бицунаго, гьес ракӀалде щвезабуна Путинилгун букӀараб гара-чӀвари. «Дица гьесда абуна, «Рагъулал лъугьа-бахъиназул ветеран» абураб статус ополченцазеги кьезе кколин абураб хӀукмуялъ ниж кутакалда рохизарунин абун. Доб заманалда халкъ къватӀибе бахъана ватӀан цӀуниялъул мурадалда. Ветеранасул статусалъе яги цӀаралгун шапакъатазе гӀоло рагъичӀо ниж. Амма улкаялъул нухмалъиялъ нижер жигарчилъиялъул къимат гьабиялдаса кутакалда рохана», — ян бицана гьес.

Къокъабго заманалда ккарал вахӀшиял рагъазулъ чӀвана Россиялъул армиялъул 279 офицергун солдат, лъукъана 800-яв. Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул баяналда рекъон, чӀвана 2500 хъачагъги. Республикаялда буго ракълилаб гӀумру. Амма Казбек районалъул Цолъизабураб ополчениялъул штаб жеги хӀалтӀулеб буго. Гьелъул жигарчагӀаз бакӀарулеб буго хъачагъазде данде рагъиялъул тарих. Тасдикъ гьабун буго ополчениялъул устав ва гьелда рехсон руго ополчениялъ гьаризе ругел тадбиралги. Гьелда гьоркьоб буго жамгӀияталъе кӀвар бугел тадбиразулъ жигаралда гӀахьаллъарал ракьцоязе шапакъатал кьейги. Штабалъул нухмалъулев Муса Азаевасул кабинеталда тӀоритӀула ополченцазул ва рагъулал лъугьа-бахъиназул ветераназул дандчӀваял.

Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса нахъе жеги цӀикӀкӀана ополченцазул жигарчилъи. Гьезул нухмалъиялда гъоркь бакӀарулеб буго СВОялъул рагъухъабазе хӀажатаб къайи. «Гьаб кӀиго соналда жаниб дир кабинеталде щвана 1600-гӀанасев чи – ополченцалги СВОялъул гӀахьалчагӀиги цадахъ малъун. Дагьалъ цеве нижеца ахӀун вукӀана Хьаргаби районалъул КӀикӀуни росулъа лейтенант, Кавказалъулги Дагъистаналъулги БахӀарчи МухӀамад ГьитӀинов. СВОялда гӀахьаллъулаго, гьев захӀматго лъукъана ва къотӀизе ккана гьесул кӀиябго хӀетӀе. Рагъда бихьизабураб бахӀарчилъиялъухъ МухӀамад мустахӀикълъана «Орден Мужества» ва цогидалги шапакъатазе. Нижер жамгӀияб гӀуцӀиялъул рахъалдасанги кӀиго медаль бана дица гьесул каранда: «За веру и службу России» ва «За мужеству и отвагу», щайгурелъул даим кӀодо гьавизе мустахӀикъав бахӀарчи вуго гьев», — ан бицана Мусаца.

М. Азаевас рачунел руго 15 азаргоялдаса цӀикӀкӀун чияс цӀалулел Instagram (Россиялда гьукъараб), Телеграм-каналал. Гьес бицуна ополченцазул штабалъул ишазул хӀа къалъулъ. Каналалда лъола архивалдаса видео ва суратал.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА